Истанбулалда газетаялъул редакциялде рейд гьабуна полициялъ

Истанбул. "Заман" газетаялъе квербакъулезул демонстрация.

Америкалъул Цолъарал Штатазул ва Евроцолъиялъул вакилзабазул рахIат хвезабун буго рагIуе эркенлъиялъул рахъалъан Туркиялда бугеб ахIвал-хIалалъ. Гьадин гьез лъазабуна полициялъ Истанбулалда бугеб «Заман» газетаялъул редакциялде рейд гьабун хадусала, ян лъазабуна France-Presse агентлъиялъ.

Протесталъул акция гIуцIарал гIадамазде полициялъ магIу чвахизабулеб газ хIалтIизабуна. Гьелда цебе диваналъ хIукму гьабуна гьеб газетаялъул редакциялда тIад къватIисеб контроль гьабулел гIадамал тIамизе.

«Заман» газета рикIкIула бусурбабазул гIалим ФатхIуллагь Гюлениде гIагардисеб информалатлъун. Туркиялъул президент Ражар ТIайгьип Эрдогьаница абулеб буго гьабсагIат Америкалъул Цолъарал Штатазда гIумру гьабулев Гюленица, гъоркьан къотIи гьабун, полициялъулги диваналъулги системабазда жиндирго вакилзаби тIамун ругин ва гIемерал информалатал жиндирго контролалде гъоркье росун ругин.