Ана, Дагъистан, дур цойги цIва бортун

Владимир Юмин.

Владимир Юмин хвеялда бан

Your browser doesn’t support HTML5

Ана, Дагъистан, дур цойги цIва бортун

Жакъа гIумруялъул 64 сонил ригьалда нилъедаса ватIалъана машгьурав речIчIухъан, эркенаб гугариялъул рахъалъ ункъцIул дунялалъул ва 1976 абилаеб соналъ Монреалалда Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав машгьурав Владимир Юмин.

ХIикматаб гьунаралъул речIчIухъан, спорталда абухъе гугариялъул легенда Владимир Юминил букIана гIажаибаб къисматги спортивияб карьераги. Гьавуна 1951 абилеб соналъ Омск шагьаралда, хадуб гIумру гьабуна кIудияй эбелалда аскIоб Уралалда. Гьей хун хадув ккана Воронежалда бугеб лъималазул рокъове.

Владимир Юмин. Ахирисел суратазул цояб.

ГьитIинаб къоялдаса нахъего Володя вукIуна спорталде рокьи бугев, тирияв, лебалав вас. Кидаго вагъулев, хасал рамкабазда ва тIалабазда хIалтIизавизе захIматав. Гьеб киналъго вачуна Дагъистаналъул Каспийск шагьаралда букIараб тарбия кьезе захIматал лъимал тIамулеб хасаб идараялде. Гьенив кIудияв гIола. Уралалъулазда данде ккун дагьабги согIаб хасият буго ва кидаго рагъизе къачIарал дагъистаниязда гъолъ тIадеги лъадарула гьесул хасият. Гьеб идара лъугIун хадув хIалтIизе лъугьуна "Дагъдизель" заводалде гIадатияв хIалтIухъанлъун. Байбихьула эркенаб гугариялде хьвадизе. Гьенив ине кIиго гIилла букIана. ТIоцебесеб - живго спорт бокьулев чи вукIин. КIиабилеб - Дагъистаналда гьеб спорталъул бугеб кIудияб къимат ва гьелдалъун жиндие социалияб статус щвезе бигьалъи. 1972 абилеб соналъ Юмин бергьуна Россиялъул чемпионаталда ва рес щола СССРалъул чемпионаталда гIахьаллъизе.

Гьенир бергьарал чагIаздаса гIуцIулеб букIун буго Мюнхеналъул Олимпиадаялде ине команда. Живго речIчIанхъизе кколеб къоялъ кьижун хутIун кватIун вуго къецазде. Гьелъул хIасилалда Олимпиадаялде ун гьечIо. Гьединав хIикматаб тIабигIаталъ кьураб гьунар, тирилъи, гугариялъул техника бугев агъаз гьечIев, гьелде тIаса-масаго гурони кIвар кьоларев чи вукIун вуго.

Ункъго соналдаса Монреалалда гьес дунял хIикмат гьабула. КIиабилеб речIчIанхъиялда монголас къурав чи, хутIанщиназда тIад ракI чIараб бергьенилъиги босун вахъула чемпионлъун. УнкъцIул дунялалъул, ункъцIул Европаялъул ва гIемерав СССРалъул чемпионлъун вахъула гьев гьелдаса нахъе.

Чемпионал гIемерал рукIана, гьесдаса цIикIкIун рахъаралги руго, амма эркенаб гагари лъалел ва гьесул эпохаялъул речIчIухъабаца абула гьединаб хIикматаб гьунар, техника ва бетIер бугев спортсмен къанагIат вукIанин. ЦIакъ гIемерал биценал ва ракIалдещвеял руго гьесул рахъалъ кIудияб спорталда.

Гьесул рахъалъ Россиялъул мустахIикъав тренер Юрий Шахмурадовас хъвалеб буго: "Дандиязе Володя кидаго вукIана хадур гъезе кIоларев, секундалдаса щиб реххилеб лъаларев дандиявлъун. ГIажаибаб жо гьеб Володяда жиндадгоги лъалароан, гьабулаан инстинкталда рекъон. Цо-цо мехалда ургуялда гьес реххун бачIунаан прием киданиги жинца цебехун гьабичIеб. ЛъагIелалъ цо жоги гьабулев вукIун къецазда батIияб гьабулаан. Гьелъ Юмин вукIана кидаго гугари бокьулезе бищунго ралагьизе вокьулев хIикматав речIчIухъанлъунги" - ян.

ГIемерисел дунялалалъул ва олимпиадаялъул рорхалъаби росарал речIчIухъабазул жидеего хасиятаб тактика, къагIида ва гугарулел хасал ресал рукIунелъул санаца такрар гьарурал. Гьеб рахъалъ Юмин вукIун вуго гIажаибаб феномен, гьунар, такрарлъи гьечIеб борхалъи спорталъул дуниялалда.

Гугари бокьулеб, дунялалда эркенаб гугариялъул рахъалъ машгьураб, чемпионазул къебелъилъун лъугьараб Дагъистаналъе гьев вукIана кумирлъун, мисаллъун, къадрулъун. Гьаниб щивав дагъистаниясда гIунтIун лъала гугари ва гьелъул цIваби.

Гьелдаса къадруялда бугеб спорталъул тайпа гьечIо Дагъистаналда. ГIадада гуро МахIачхъалаялда халкъазда гьоркьосеб гугариялъул турнир рагьизе вачIарав машгьурав Ярыгиница абураб: "Дагъистан буго дунялалда гIицIго гугариялъе суд гьабулаго цониги хIарам гьабизе рес гьечIеб бакI. Гьаниб трибуназул реакциялда рекъон лъала бал босанищ босичIищали, ай щивав дагъистаниясда бичIчIула гугари" - ян.

Машгьурав Карелиница абуна дунялалда квадраталъул метраялда бищунго цIикIкIун рекарал гIундул ругеб республикаян. ЛъикIаб магIнаялда. Щивав дагъистанияв тIабигIаталъго вижун вуго къеркьохъанлъун, рагъухъанлъун, речIчIухъанлъун.

Гьелъ къадруялдаги буго спорт, гьелъ кумирлъунги лъугьунел руго гьелъул махщалилал, церехъаби, чемпионал. Гьединазда гъорлъа бищунго гвангъарав вукIанин абизе бегьула жакъа нилъедаса абадияб рокъове арав Владимир Юмин. Даимаб рецц речIчIухъанасе!!! Гьесул ирс босарал васал камугеги нилъер тIалъуда. Хабарал лъикIал рагIайги.