15 000 чи вугеб хасаб сияхI

Дагъистаналда экстремистиял сияхIазде росаразул къадар 15 азарго чиясде бахун бугин абурал баянал кьолел руго республикаялъул прокуратураялъ.

Your browser doesn’t support HTML5

15 000 чи вугеб хасаб сияхI

Цадахъго, цересел соназда данде ккун, хасал сияхIаде росаразе ругел санагIатбахъиял гIемерлъулел ругин абулеб буго гьел сияхIазда ругел гIадамаз.

Дагъистаналда низам цIунулезул хасал сияхIалде росарал гIадамазул къадар 15 азарго чиясде бахун бугин лъазабуна Дагъистаналъул прокуратураялъул вакилас тIоцебесеб марталда тIобитIараб «ИГИЛ-маркетингалъулаб проект» абураб данделъиялда. Гьел кколел руго официалиял баянал Прокуратураялъ кьолел.

Гьелдасан бихьулеб бугин, жамгIияталда жаниб радикализация секьулеб гьечIолъи гIаксалда, сияхIалде росаразул къадар цIикIкIунеб бугин абулеб буго адвокат Исрафил Гададовас.

ГIолилал радикализациялде цIалел хIужаби кколила ришватчилъи, ритIухълъи гьечIолъи ва къанунал хIалтIуел гьечIолъи.Гьелда тIадеги, жалго низам цIунулезул сияхIалде ккаразда жидедаго лъалеб букIунарила цо-цо мехалда жал гьеб сияхIалда рукIин.

ГIицIго ахираб ункъо соналда жанив 7000 -гIан чи ккун вуго гьеб хасаб сияхIалде. Цере чанго моцIида жанир цоцIул полициялъул бутIаялде ахIун, яги телефоналъ кIалъан хутIулел рукIун ратани сияхIалде росарал, гьанже гьедин тIуралел гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Хасавюрталдаса гьединаб сияхIалда ругезул цояв ХIажимурад АхIмадовас.

ХIажимурд АхIмадов: «Цере щуго-анлъго моцIида жанир цоцIул ине кколел рукIун ратани полициялде, яги щибниги ккани жидецаго ахIулаан гьез, гьанже анкьида жаниб кIицIул ине кколел руго ниж, яги гьенире рачIине рес гьечIони кIалъан кир ругел, щиб гьабулел ругелали мухIканаб хIисаб кьезе кколеб буго. Щай гьединаб низам чIезабун бугебин цIехараб мехалда гьелъиеги жаваб щвечIо нижее.

Цо заманалда Дагъистаналда гIемер кьвагьа-гIанхъиял кколеб, гIадамал чIвалеб мехаллда щибаб лъугьа-бахъиналдаса хадур сордо-къоялъул батIалъи гьечIого тревогаги кьун рахъинарулел солдатал гIадин нижги рахъинарулаан полциялъулаз. Гьоркьо-гьоркьор бакIалъул полициялъулав кIалъан вачIунаан кив вугев, щиб гьабулев вугевилан абун.

Цо-цо гьезул кагътазда гъулбасизе полициялъул бутIаялдеги ине кколаан. Гьанже гьез багъаризабулеб бугеб жо гьеб гIорхъолъа араб иш буго. Ниж такъсирчагIийищ ругел. Гьанже хIухьел цIазего тезехъин гьечIо нижее. КъваригIел ккун росулъа къватIиве аниги яги хIалтIизе батIияб бакIалде аниги гьеб полициялъул бутIаялде ниж рачIинчIони Сириялде арал чагIи кколел руго ха, гьезул пикруялда рекъон».

Руго хIужаби хасал сияхIаздаса гIадамал рахъиялъулги, амма гьеб гIададисеб иш бугин, масала цоцIул хасаб сияхIалде ккун, гьениса нахъе вахъарав чи нахъеги гьебго сияхIалде восун ватулин баян гьабуна адвокат Исрафил Гададовас.

Исрафил Гададов: «Руго гьел сияхIалдаса рахъиялъул хIужаби. Гьелиъе килщазул лъалкIал рахъизе ккола, мадугьалдабазул рахъалъ мун кинав чи вугевали бицунеб хъвай-хъвагIай ва гьединго имамасул, яги РухIияб идараялдаса мун радикалиял чвахиязул рахъ кколев чи гьечIилан кагъат босизе ккола. Гьел киналго документал мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде кьола.

ГIемерисеб мехалда гьез инкар гьабула сияхIалдаса рахъизе, цинги диваналдаса тIалаб гьабула. Амма, сияхIалде цоцIул восарав чи нахъеги восула, гьеб буго мугьру.

Нухдаса унаго, дур мегеж бугонани мун вачуна Жанисел ишазул бутIалде ва цIидасан хъвай-хъвагIай гьабула. Гьеб буго хIасил гьечIеб жо. ХIукуматалъе хIажат гьечIо жакъа гьеб ахIвал-хIал хисизабизеги. Гьаб бугеб хIал республикаялда цIуни хIажатал гIадамал руго».

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялде цIакъ гIемер рачIунел руго гьел хасал сияхIазде росиялдаса разигьечIезул гIарзал. «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Сиражудин Дациева баян гьабухъе, ахираб заманалда низам цIунулез цере ккарал чагIиги росулел руго гьеб сияхIалде, гьеб хIужа тасдикъ гьабулила цо-цо мехалда чиясда жиндагогицин лъалеб букIунгутIи гьев гьединаб сияхIалда вукIин.