Инсанасул ихиярал хвезари Шималияб Кавказалда халат бахъунеб буго

Amnesty International logo in English

Amnesty International-алъ жиндирго санайил доклад загьирабуна

Your browser doesn’t support HTML5

Инсанасул ихиярал хвезари Шималияб Кавказалда халат бахъунеб буго

Шималияб Кавказалда 2015 соналъ халат бахъанин инсанасул ихтиярал хвезари гьединго регионалда бугеб ахIвалIал лъазабулел инсанасул ихтиярал цIунулезде тIадецуй цIикIанин хъвалеб буго жиндирго санайилаб докладалда Amnesty International абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьокьосеб гIуцIиялъ. 2015 соналда жаниб Шималияб Кавказалдаса инсанасул ихтияразда хурхун бугеб ахIвалIалалъул лъазариял дагьлъун ругин, гьелдаса бихьулин журналистазде ва инсанасул ихтиярал цIунулезде тIадецуй гьабулеб букIинин лъазабулеб буго гьеб докладалда.

Amnesty International абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ 24 февралалъ къватIибе биччана санайилаб, тIолго дунялалда инсанасул ихтияразда хурхун лъагIалида жаниб букIараб ахIвал-хIалалъул бицунеб доклад.

Аслияб кIвар докладалда буссинабулеб буго жакъа дунялалда инсанасул ихтиярал гурелги, гьел цIуниялъул система ва механизмал хIинкъи бугеб хIалалда рукIиналде. 2015 соналда жаниб гражданиял, экономикиял ва цогидал сфераязда гIадамазул ихтиярал хвезариялъул хIужаби тIатинарун руго гIуцIиялъ тIолго дунялалда ва тIолго дунялалда ихтиярал цIунизе гIуцIарал системаби хвезари ва гьезул хIалтIи цебе унгутIиялъе квербакъулеб бугин улкаязул тIалъиялъин лъазабулеб буго докладалда.

Жакъасеб хIакъикъат кIвар кьечIого толеб бугони, дунялалда хIалуцине бугин гуманитарияб кризис, жидерго бакIал тун лъутIизе ккаразул къадарги дагьалъги цIикIкIине бугин. Балагьалде ккарал гIадамазда цере жидерго гIорхъаби къачIого, гьел цIунизеги, гьезие кумек гьабизе кколин халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъин абулеб буго докладалда.

Шималияб Кавказалда тIолго 2015 соналъ гьоркьоса къотIичIин инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби, регионалда бугеб хIал бицунел, лъидаго рачIел журналистазде ва инсанасул ихтиярал цIунулезде гьабулеб тIадецуйги цIикIкIун бугин лъазабулеб буго докладалда. Ихтиярал цIунулезде ва журналистазде тIадецуй гьабулеб бугила гьединго тIалъиялъул рахъалъгийилан лъазабулеб буго докладалда.

Гьединаб хIужаялъе мисаллъун ихтиярал цIунулез бачунеб буго 2015 соналъул лъабабилеб июлалъ Чачаналъ бугеб мобилияб инсанасул ихтиярал цIунеб къокъаялъул офисалде гьабураб тIадекIанцIи.Гьеб лъица гьабурабали лъагIалил ахиралдаги чIезабичIин лъазабулеб буго докладалда.

Цересел соназде данде ккун, рагъулал тунка-гIусиязул къадар дагьлъанин Шималияб Кавказалда, амма изну гьечIого яргъид гIуцIаралгун къеркьеялъулъ рагъулаз церего гIадин хасал операцияби хIалтIизарулел ругин лъазабулеб буго Amnesty International гIуцIиялъ хIадур гьабураб докладалда.

Гьебго заманаялъ, низам цIунулез гIадамал къанунияб гуреб хIалалда кколел рукIиналда ва рикъун, гIазабал кьолел рукIиналдаги щаклъи бугила.

Терроралъулаблъун рикIкIунеб ДАГIШ гIуцIиялде Россиялда бищун кIудияб къадар гIадамаузл ун бугила Шималияб Кавказалдаса. Официалиял баяназда рекъон, 2015 соналъул ноябрь моцIалда гьеб гIуцIиялда гъорлъ рукIун руго 2700 Россиялдаса рачIарал чагIи.

Инсанасул ихтияразда хурхун докладалда рехсечIогон хутIараб, амма гьединго кIвар бугеб ахIвал-хIаллъун кколин Дагъистаналда 2016 оналъул байбихьудаса бахъун салафиязул мажгитал къазе лъугьингийилан рикIкIунеб буго Гайдарил цIаралда бугеб институталъул вакил, инсанасул ихтиярал цIунулей Ирина Стародубровскаялъ.

Масала, Шималияб кавказалда ругел мажгитаздаса как балеб бакIалдаса ккун, кIал биччазе ракIарараб бакIалдаса ккун рачун унел ругила салафиял, профилактикаялъул мурадалда. Щай гурелъул хIукуматалъул ва цIуна-къаялъул идарабазда гьединал гIадамазулъ рихьулел ругила потенциалиял вербовка гьабулел гIадамал яги ДАГIШалъул рахъ кккурал чагIи.

Гьеб кинабго бихьулила гIолеб гIелалда ва жамгIияталда жаниб бугеб ритIухълъи гьечIолъиялъул асар хIалуцунила тIадеги. Эксперталъул пикруялда рекъон, гьеб ритIухъаб бербалагьи гьечIо ДАГIШалда гъорлъе гIолилал иналъул проблема тIагIинабиялъе.

Кинаб букIине кколеб гьелъул пропагандаялде данде къеркьей гьеб кинабго хIисабалде босунин абуни, гьеб букIине ккелин хIукуматалдаги диниял чвахияздаги ругел ричIчIунгутIиял тIагIинари ва жалго исламияб жамгIияталда жанир, гьелго джигьадистазда ва хутIаразда гьоркьор ругел ричIчIунгутIияздаса пайда босун тIобитIулеб политикайин баян гьабуна Ирина Стародубровскаялъ «Эркенлъи» радиоялъе

Ирина Страдубровская: «Конфликталда гIахьаллъулел киналго рахъаз тIадеялдаса тIаде цикIкIинабулеб буго цояб рахъалъ хIал гьабиялъ цогидаб рахъалдасанги жаваблъун хIал гьаби ккей. ГIицIго Кавказалда тIибитIараб феномен кколаро гьеб. Гьелъул мисалал гIемер руго дунялалъулго тарихалда жанирги.

Кавказалда буго халатбахъараб конфликт, гьеб хIал гьабиялъ хIал гьаби бижизабулеб феноменги гьениб цIакъго загьирлъун буго. Жакъа киналго рахъал чIезеги чIун хадусеб бербалагьиялда тIад ургъизе заман щвараб ригь буго. Руго мисалал, гьединал конфликтал ракълидалун тIурарал, масала, гьебго Шималияб Ирландиялъул. Шималияб Кавказалъул халкъал свакан руго хIал гьабиялдаса.

Гьезие бокьун буго ракълилаб гIумру ва жамгIияталда жаниб бугеб хIалуцин тIагIин. ГьабсагIат буго жеги заман, буго рес ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабизе».

Дагьаб цебегIан, Human Rights Watch абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ гьединго къватIибе биччана инсанасул ихтияразда хурхараб санайилаб доклад. Гьеб гIуцIиялъ гьедино бихьизабулеб буго Шималияб Кавказалда инсансул ихтиярал цIуниялъу хIал лъикIаб гьечIеблъун хутIулеб букIин.