Евродиваналъ Навальный ритIухъ гьавун вуго

Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул диванаханаялъ рикIкIунеб буго «Кировлес» абун лъалеб ишалда Алексей Навальныясул ва Петр Офицеровасул ихтиярал хвезарун ругин. Гьел кIиялго лъазарун рукIана «Кировлес» абулеб идараялъул буголъи бикъиялъулъ гIайиб бугеллъун.

Талат къоялда къватIибе загьир гьабураб гьеб диванханаялъул хIукмуялда абулеб буго Навальныйгун Офицеровасул ишалъул хал гьабулаго процессуалиял гъалатIал риччан рукIанин ва гьелъ, гьезул ишалъул хал гьабулеб букIараб-Кировалъул Ленинил мухъалъул диванханаялъ- магIна гьечIеб хIукму къотIун бугин.

Европаялъул диванханаялъ чIезабун буго Навальныйгун Офицеровасда гIунтIизарун рукIанин гIадатияб бизнесалдаса ратIа рахъизе кIоларел ишазда хурхун гIайибалин. Гьел кIиязего микь-микьазарго евроги кьезе кколин, Навальныясе диванаханаялда тIад хвараб 48 азарго евро ва Офицеровасе-23 азарго евро бецIизеги кколин чIезабун буго Европаялъул диванханаялъ. Гьебго заманаялда «Кировлесалъул» иш политикияблъун рикIкIунеб гьечIо Евродиваналъ.