Британия Евроцолъиялда гъорлъ букIиналда хурхараб референдум тIобитIизе буго хадусеб соналъул июналда

Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерон шамат къоялъ дандчIвана хIукуматалъул гIахьалчагIигун. Гьез гьоркьор лъуна Брюсселалда Евроцолъиялда гъорлъ Британия гIахьаллъиялъул цIиял шартIал.

Гара-чIвариялда хадуб Кэмероница лъазабуна Британиялда Евроцолъиялда гъорлъ рукIиналда хурхараб референдумалъул болжал. Гьеб тIобитIизе буго гьаб соналъул 23 июналда.