Россиялъулги СШАялъулги рагъулаз тIоритIана Сириялда хурхарал кIалъа-басаял

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Сириялъул рахъ кквеялъул халкъаздагьоркьосеб къокъаялъул данделъиялда цебе Женеваялда Россиялъулги Цолъарал Штатазулги рагъул къуватазул вакильзабаз тIоритIана Сириялда рекъел чIезабиялда хурхарал кIалъа-басаял.

Reuters агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, рахъаз гьоркьор лъолел рукIун руго Москваги Вашингтонги Сириялъул проблемабазда хурхун гIагарлъиялъул суалал.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Сириялъул суалал гьоркьор лъолеб данделъи тIобитIулеб буго рузман къоялъ маркIачIуда.