Туркиялда ккун вуго теракт гьабиялъул щаклъи бугев ичIго чи

Туркиялъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ ккуна Анкараялда арбагI къоялъ маркIачуда теракт гьабиялъул щаклъи бугев 9 чи.

Туркиялъул информалатазул лъазабиязда рекъон, жибго теракт гьабурав чи кколев рагIула 1992 соналда гьавурав Сириялъул гражданав.

Гьелдаго цадахъ Сириялъул курдаз нахъ чIвалеб буго гьеб теракт гьабиялда хурхарал гIайибал.