Туркиялъ партнерал ахIулел руго Сириялда рагъулаб операция тIобитIиялде

Туркиялъ халкъазда гьоркьосел партнерал ахIулел руго Сириялда ракьдатIасаб цадахъаб операция гьабиялде.

Гьелъул хIакъалъулъ Стамубалда журналистазда лъазабуна Туркиялъул кIудияв хъулухъчияс. Гьесул рагIабазда, Туркиялъ жибго лъикIаб лъугIун рагъулаб операция тIобитIизе гьечIо Сириялда. «Амма гьединаб операция тIобитIичIого рес гьечIо Сириялда рагъ чIезабизе ккани», - ян лъазабуна гьес.