Америкалъул ТIадегIанав диванчи гIумруялдаса ватIалъана

Америкалъул Цолъарал Штатазул ТIадегIанаб диваналъул бетIер Антонин Скалия гIумруялдаса ватIалъун хадур, гьенир бахIсал рагъарана - бегьулищали Сенаталъе цIияв тIадегIанав диванчиясул кандидатура къабул гьабизе, гьанжесев президент Барак Обамаца цебе лъураб, ялъуни 2016 соналда цIияв президент вищезегIан балагьун чIезе кколебищ? - абураб суалалда сверухъ.

Сенатор республиканияв Митч Макконелица абуна, гьеб вакансия рагьараблъун тезе кколин цIияв президент вищезегIан ва гьелъие квербакъи гьабуна Конгрессалда ругел гIемерал республиканияз.

Амма гьанжесеб рищиязул кампаниялъул гIахьалчIужу Гьиллари Клинтоница гьединаб хIукмуялъе квещаб къимат кьуна.