ХитIабги, "чахъабиги", гьелда тIаса пикрабиги

"К чему стадам дары свободы?.."

Араб моцIалъ бищунго гIемер бахIсал ва дагIбаял виртуалиябги хIакъикъиябги дунялалда ккараб жо букIана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул парламенталде хитIаб. Гьелда тIаса пикраби рукIана батIи-батIиял.

Цо-цо мехалда тIубанго гIаксиял. Цояз зодобе бахун беццулеб, цогидаз тIубанго какулеб. Лъалеб букIахъе республикаялъул бетIерлъун Рамазан ГIадулатIипов вачIарабго хас гьабун гьесие критика гьабизе гIадин рагьараб хасаб канал буго "Эхо Москвы - МахIачхъала" абураб.

Араб анкьалъ букIана гьеб каналалда тIадегIанал "эксперталги" ракIарун хитIаб гьоркьоб лъурал кIалъаял. Журналистаца ва жамгIиял хIаркатчагIаз цIакъ хIаракат бахъулеб букIана щибаб мухъ ккун ГIабдулатIиповасул каламалъе критика гьабизе.

Бихьулеб букIана гьединаб масъала гьезда цебе букIин. Нужеца абила гьеб лъикI бугогури, гьелъие гурищ жамгIиял хIаркатчагIиги эркенал халкъияб информациялъул алатаги ругел абун. Руго нилъер гьединал информациялъул алатал ва журналистал. Гьез рагьун тIалъиялъул гIунгутIабиги рихьизарула, критикаги гьабула.

Гьезие батIалъиги гьечIо хъулухъалда щив вугониги. Амма гьадал дица тIадехун рехсарал радиоялъул "экспертал" гурелха. Гьел рукIана цебесеб тIалъиялъе рекъараб бакъан бачунел чагIи, гьезул палугьаби. Щай гьедин рукIарал, дозул гIунгутIаби рихьуларогойищ? Гуро.

ХIайваназул гIадаб хIинкъи букIун гьеб пикру загьир гьабизе. Сундалъунха гьез критика гьабулеб букIараб республикаялъул бетIерасул хитIабалъе? БукIинчIо кинабгIаги чIван къотIараб анализ. РагIабазде рикIарун, ГIабдулатIиповас гьоркьор реххараб махсарода сверухъ, хIасил калам тIубараб хитIабалда цониги битIараб жо абун рагIуларо гьес.

ЦIакъго гуч гьабулеб букIана Москваялъул студиялдаса кIалъалев цо алфавиталдаса ращдал хIарпал рицине кIоларев "экспертас". ХитIабалда мисалалъе рачарал цо рагIаби ГIабдулатIиповас Пушкинил ругин абун рагIула. Москваялъул "экспертасда" интернеталъул кумекалдалъун лъан буго гьел Достоевскиясул рукIин.

Гьеб "цIияб хабар" лъайгун гьалги, довги битIахъе роххалица жазмуялде ккана. Чанго минуталъ ракIа-рахаризе кIолеб хIал букIинчIо. ГIабдулатIиповасда яги цойгидаса лъазе рес гьечIо киналго областазда кинабго. Гьелъие щибалдаса хитIаб хIадур гьабулел чагIи рукIуна.

Гьав Достоевскиясул рагIаби Пушкинил абун хъварав "гIакълучи" рокъове витIизеги бегьилаан щив гьев ватаниги. Амма дица гIажаиблъи гьабуна ГIабдулатIиповасда филолог гурев чиясда лъана гьел хитIабалда Пушкинил абун хъварал рагIаби гьесулазда релълъарал гьечIеллъи. " Уверуйте в дух народный и от него единого ждите спасения и будете спасены..." - ян "абун буго Пушкиница..." - ян лъалхъи гьабуна ГIабдулатIиповас.

"Бихьулищ, гьесулазда релълъаралцин гьечIо, вагIза гьабулев чи гIадин кIалъалев вуго Алесандр Сергеевич" - ин. Студиялда рукIарал битIахъе лъавудаса унел руго роххун жидеца гьев Пушкин гуревлъи чIезабунин. Гьабун гьечIищха кIудияб такъсир республикаялъул бетIерас?

Достоевскиясул рагIаби Пушкиние кьун рагIула гьес. Гьал чагIазул гIамал-хасият бихьарабго дир хIукму ккана гьанив хIакъикъияв Пушкин вачизе. Гьес гIадин мухIканго жакъасел "экспертал" лъицаниги рихьизарун ратиларо. Киналго заманабазул рукIараб къагIида гьел. Гьеле гьел мухъал:

К чему стадам дары свободы?
Их должно резать или стричь.
Наследство их из рода в роды
Ярмо с гремушками да бич...

"Щайха гIачиязе эркенлъиялъул рахIмат? Гьел къунцIизе ккола, хъвехъизе ккола" - ян абулеб поэтас. Дир щибниги дагIба гьечIо ГIабдулатIиповасе критика гьабулел чагIазде гьеб критика гьез церсел бутIрузе, кьвараразегун кьураразе гьабулеб букIун батани.

Гьеб гьабизе ихтияр буго дир пикруялда Сулайман Уладиевасул, ГIалисултан ГъазимухIамадовасул, ГIисалмухIамад Набиевасул, "Черновикалъул", хIатта Заур Гъазиевасулгун Узунаевасулцин. Гьев кIиявго хIинкъулароан МахIачевасе ва Амировасе критика гьабизе. Дун гьезул критикаялда рази гьечIого вукIинеги рес буго.

Амма гьезул ихтияр буго моралияб критика бокьарав чиясе гьабизе. Гурони зулмучагIазе къулун, эркенлъи кьурал ва къисас босуларел каки буго лагъзадерил хасияталдаса. Лагъзал хIажат гьечIо жакъа Дагъистаналъе. Азарго гIунгутIаби ругониги Дагъистаналъул аслияб тIокIлъи ва тIадегIанлъи буго рагIуе эркенлъи ва битIараб бицин.

Чи вихьун, миллат бихьун, гьабулеб гуребха, хIакъикъияб, рагьараб ва инсан рухIияб рахъалъ вацIцIад гьавиялде ахIулеб. Хабар лъикIаб рагIайги.