ГIиракъалъул аскарияз Рамади жидерго контролалде гъоркь босана

ГIиракъалъул хIукуматалъул аскарияз жидерго контролалда гъоркь нахъеги босун буго Рамади шагьаралда сверухъ бугеб территория, гьениса «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъанал нахъе гъун. Яргъид гIуцIарал къуватал, полициялъ ва терроризмалде данде чIолел къукъабаз гьелдалъун цIидахъан рагьана Рамадиялдаса Хабанийя абулеб базаялде унеб нух.