Дагъистаналъул цIияб гимналда тIад хIалтIулеб хасаб комиссиялъ хал гьабун буго ункъо батIияб гимналъул проекталъул. ТIоцебесеб, Расул ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» абурал рагIаби ва халкъияб макъан, кIиабилеб, Расул ХIамзатовасул Николай Григоренко абурав поэтас руссинарурал рагIабигун Ширвани Чалаевасул макъан, лъабабилеб, Григорий Симаков абурав поэтасул рагIабигун макъан ва ункъабилеб, Расул ХIамзатовасул рагIабигун композитор Мурад Кажлаевас макъангун рекъон хъвараб «Гьа» абураб гимналъул проект. Комиссиялъул 14 чиясдаса 12 чиясда лъикIаблъун бихьун буго ахирисеб проект.
Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалда абуна, гьеб проект парламенталде щун бугин, гIагараб данделъиялда депутатазда цебе лъезе бугин гьеб тасдикъ гьабизе. Гьелъухъ гIенеккизе бегьула «Эркенлъи» радиоялъул сайталда.
Гьелъие жиндирго къимат кьуна жамгIияв хIаракатчи тохтур МухIамад ГIабдулхабировас. Дагьалъ цебе гьес парламенталде рагьараб кагъат хъван букIана гимн тасдикъ гьабиялда хурхун. Гьесул пикруялда рекъон, гьанже бугеб, Ширвани Чалаевасул гимн мустахIикъаб буго Дагъистаналъул гимнлъун букIине. Гьеб гуребги, гьеб гимн хисизе кинабгIаги юридикияб кьучI гьечIо цохIо республикаялъул бетIерасе бокьунгутIи гурони.
МухIамад ГIабдулхабиров: «Гимналъе гъваридаб къимат кьезе дун музыкалияв чиги гуро. Амма, гIенеккараб мехалъ Чалаевасул гимн буго цIакъ гIакъилаб, гIадамазе асар гьабулеб. Гьес нус-нус некIсиял халкъиял макънал данде гьаруна, гьесда щибаб миллаталъул музыкалияб культура лъала.
Амма гьелъул гуро бицине кколеб. Дир хIисабалда аслияб кIвар кьезе ккола гимн щай хисулеб бугеб абураб суалалъе. ГьечIо гьеб хисиялъе гIилла цохIо республикаялъул бетIерасе рекIее гIун гьечIо абураб жо гурони. Хадусесе гьаб рекIее гIечIони цIидасанищ хисизе бугеб?»
ЦIияб гимналъул рагIаби хъвалаго Расул ХIамзатовас магIарул мацIалъ цIубараб кечI хъван букIун гьечIо, гьесул рагIабаздаса гIурусалъ кечI рекъезабун буго Николай Доризо абурав поэтас.
ТарихчIужу ТахIнаева ПатIиматил пикруялда рекъон, кочIол рагIаби щвалде щвечIел руго, гьелъ абуна жий божулей гьечIин гьел рагIаби Расул ХIамзатовас гьарун рукIиналда. «Гимналъул магIан рагIарабго дида киноялъе гьабураб саундтрек ракIалде щолеб буго, кинабгIаги асарги гьелъ гьабулеб гьечIо», - ян абуна гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.
Парламенталъул гIагараб сессия букIине буго 25 абилеб февралалда. Республикаялъул парламенталъ гIемерисеб мехалъ цере лъурал къанунал къабул гьарула, нахъ чIвазе бегьулеб къанун гьенибе щвезего щолароян бицана «Эркенлъи» радиоялъе парламенталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Уллубий Эрболатовас. Гьаб къануналъул проектги балагьараб мехалъ къабул гьабизегIадин бугоян абуна гьес.
РакIалде щвезабилин, гимн хисиялда сверухъ хабар бакана 2014 соналъул маялда. Гьеб мехалъ республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас абуна, Расул ХIамзатовасул рагIабаздалъун ва СССРалъул халкъияв артист Мурад Кажлаевасул макъаналдалъун гIуцIараб гимн букIанин цебеккун, гьелде тIадруссине кколин. ГьабсагIаталда бугеб Ширвани Чалаевасул 2003 соналъ парламенталъ къабул гьабураб гимналъул макъаналда гьес абуна чи вукъулеб мехалъ букIунеб макъаналда релълъараб бугин гьебилан.
2014 соналъул июналдаса нахъе лъазабун букIана цIияб гимналъул конкурс. Чалаевасул гимн цIунун цере рахъана машгьурал искусствоялъул хIаракатчагIи Иосиф Кобзон, Александа Пахмутова, Андрей Эшпай ва гьел гурел цогидал.
Гимн хиси мекъаб бугилан диваналде гIарза кьуна 29 чиясдаса гIуцIараб инициативияб группаялъ. Амма МахIачхъалаялъул Советский диваналъ гимн хисиялъулъ къанун хвезабиялъул хIужа тIатинабун гьечIилан чIезабуна.