Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзанида тIад экстремизмалде ахIиял гьаруралъухъ такъсир гьабиялъул иш рагьизе тIалаб гьабулеб буго «Яблоко» партиялъул Москваялъул бутIаялъул нухмалъулев Сергей Митрохиница. Гьес гьединаб гIарза битIун буго ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун Федералияб хъулухъалде ай ФСБялде. Гьес гьединго тIалаб гьабулеб буго гьеб суалалъулъ Къадировасул рахъккун кIалъаралщинал пачалихъиял хъулухъчагIиги гьединабго жавабчилъиялде цIазе.
ФСБялъул бетIер Александра Бортниковасул, генералияв прокурор Юрий Чайкал ва Россиялъул президент Владимир Путинил цIаразда хъвараб гIарзаялда Митрохиница кIвар буссинабулеб буго 2016 соналъул январалда Чечанлъиялъул бетIерас оппозициялъул вакилзабазде «хиянатчагIийин» гIемер абун букIиналде ва Грозныялда букIараб митингалда гьелго рагIаби игIланазда хъван рукIараблъиялде.
26 январалда Митрохин ва жеги кIиго чи полициялъ ккун вукIана Къадиров рехизе тIалабгун пикет гьабизе рахъаралъухъ.
Гьелдаса хадуб Митрохиница лъазабуна Къадировас оппозициялъе кьолел хIинкъаби живго лъикIав лъугьун гьабулеб иш гурин, гьеб бугин президентгун ва гьесул администрациягун дандбан гьабулеб ишин.
12 январалда Къадировас системалъул гуреб оппозиция «халкъалъул тушбаби» ругин лъазабун букIана. 31 январалда гьесго жиндирго Инстаграмалда кьун букIана оппозиционерал Михаил Касьянов ва Владимир Кара-Мурза снайперасул тункIица гIужие росараб видео.
Оппозиционераз гьеб видео лъазабуна «жиндирго рокьукълъиялъул кьучIалда пачалихъияв хIаракатчи чIвазе хIинкъаби кьейлъун» ва абуна низам цIунулезде гIарза хъвазе бугин жидецайин.
Гьеб видеоялде букIараб реакция «истерика» бугин ва жив «къанунал цIунулев чи хIисабалда» диваналда цеве бокьарал жиндир рагIабазул жаваб кьезе хIадурав вугин лъазабуна Къадировас.
Оппозициялъе гьесул ахирисел хIинкъабикьеялъе комментарий кьезе инкар гьабулеб буго Кремлалъ.