Депутаталъ ахIулел руго Андрей Пионтковскиясул макъалаялъул  ххал гьабиялде

Пачалихъияб Думаялъул хIинкъигьечIолъиялъул ва коррупциялде дандечIеялъул комитеталъул бетIер Ирина Яроваялъ ахIулел руго Андрей Пионтковскиясул макъала экстремизмалъул ишараби ралагьун ххал гьабиялде. Дупутаталъ гIарза битIун буго Генералияб прокуратураялде.

Яроваялъ рикIкIунеб буго Пионтковскияс «Эхо Москвы» радиоялъул сайталда бахъараб «Кьвагьизе хIадураб бомба» абураб цIаралда гъоркь бахъараб макъалаялда бугин Россиялъул тIолголъи хвезабиялде ахIийин.