Би-Би-Сиялъул «Путинил балъгояб бечелъи» фильм бугьтан кколин, лъазабулеб буго Кремлалъ

Кремлалъ лъазабуна, «Путинил балъгояб бечелъи» абураб Би-Би-Си телеканалалъ бихьизабураб президентасде коррупциялъул гIайиб гIунтIизабулеб фильм кколин «ургъараб бугьтанин».

Гьеб фильмалда Россиялъул президентасул коррупциялде хурхен букIиналъул бицунеб буго, мисалалъе, Цолъарал Штатазул хIукуматлъул вакил Адам Щубингица. Шубине кколев вуго Америкаялъул финансазул министерлъиялъул Россиялде данде лъазарурал санкциябазул бутIаялъул нухмалъулев. Гьес лъазабулеб буго президентасул 110 азарго гъурщил харжалъ бихьизабулеб гьечIин Путинил хIакъаб бечелъийин.

Талат къоялда президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабуна, гьез гIунтIизарулел гIайибазе кинал гIаги далилал гьечIин. Гьеб фильмалъ гIагсалда СШАялъул финансазул министерлъиялде рагIад реххулеб бугин.