Россиялъул политолог Андрей Пионтковскиясе туснахъалъул щуго сон кьезе бегьиялда хIинкъи буго, гьес абухъе, гьес пикрабалъ такъсир гьабуралъухъ. Дагьаб цебегIан Пионтковскияс хъван букIана Чачанлъи Россиялдаса батIа тIезабуни лъикIаб букIине бугин абураб магIнаялъул макъала. Гьесул пикруялда гIасрабаз гьоркьорлъаби гIуцулел ругел Россиялъулги Чачанлъиялъулги гьан жубаниги гьагIу жубалеб гьечIо.
Нилъ ратIалъизе ккола, нилъ цадахъ хIебтIуларо ян абуна политолог Андрей Пионтковскияс Эркенлъи Радиоялъе Чачанлъиялъулги Россиялъулги гьоркьорлъабазул бицунаго.
Андрей Пионтковский: «Цо улкаялда нилъ хIебтIуларо, нилъ ратIалъизе ккола. пачалихъазда гьоркьор рукIунел гьоркьорлъабаздеги рачIун Чачанлъиялъе лъидаго бачIеб пачалихъ букIине ихтияр кьезе ккола. Гьанже бугеб "проект Къадиров" абулеб кIигьумерчилъиялъулаб проекталъ лъикIлъиялде рачунаро».
Чачанлъи Россиялдаса батIа гьабизе кколин хъвараб макъалаялъухъ туснахъалъул щуго сон кьеялъул хIинкъи бугин жиндие гьанжейин бицана Пионтковскияс нахъеги. ХIинкъаби араб рузман къоялда Грозный бакьулъ Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзанил рахъ ккураб митингалда Россиялъул либералазеги кьолел рукIанин, гьел хIинкъанадай абун гьикъана нижеца гьесда.
Андрей Пионтковский: «Дун дунго вугин абизе бегьула оппозициялдаса чи, амма гьес кьолел хIинкъаби дица гIадахъ росуларо. Дуца абизе бегьула гьез Немцов (Россиялъул оппозициялъул лидеразул цояв Борис Немцов чIван вукIана 2015 соналда. ред) чIванин, гьез гьев жалго лъикIал лъугьун чIварав чи гуро. Гьедин гьез тIубазабулеб букIана Москваялъул мурад. Къадировас гьанже гьабулеб бугебщинаб гьеб буго Путинида жив гьесие мутIигIав гьве вукIин бихьизабизе бахъулеб загIипаб хIаракат».
Социалиял сайтазда гIемераз борхулеб буго Къадировасда ва Россиялъул оппозициялда гьоркьоб бахъараб гьаб ахIи-хIуралъул магIна щибан абураб суал. Лъица ва сундуе гIола багъарараб гьеб питна ва хас гьабун гьанже щай гьеб багъарараб?
Пионтковскияс рикIкIунеб буго гьеб кинабго капмания бугин цо чиясе гьабулеб жойин. Къадировасда лъалеб бугин ва гьеб балъголъи гурин Россиялъул къуватал идарабазе, добго ФСБялъеги армиялъе гьев рихарав чи вукIин, гьев гьезие байбихьудасанго рихаравги вукIанин абуна политологас. Пионтковскияс абуна «Эхо Москвы» радиоялъул нухмалъулев Алексей Венедиктовас 23 январалда жиндирго программаялда бицунеб букIанин Рамзанил эмен АхIмад Къадиров чIваялъул. Къадиров-эмен цIунулезул бетIерлъун вукIарав Лорд ай МухIамад Даудов тамихIалде цIазе кколеб бакIалда тIадеги цIикIкIараб хъулухъалда танин. Гьес гьанже чачаназул парламенталъе нухмалъи гьабулеб буго. Пионтковскиясул пикруялда, Венедиктовас гьениб ишара гьабулеб букIун буго Къадиров-эмен чIаялъулъ гIахьаллъи букIине бегьулел чагIазде.
Андрей Пионтковский: «Гьанже бищунго кIвар кьезе кколеб буго, Немцов чIвайги хIалае ккун, Къадировасде тIадецуй гьабизе къуватал идарабазул чагIаз хIаракат бахъулеб букIиналде».
Россиялъул къватал идарабазе Къадировги нахъе рехун гьениб жидецаго ханлъи гьабулеб букIараб заманалде тIадруссине къваригIун бугин рикIкIунеб буго Пионтковскияс. Гьединлъидалги гьениб рахъ байбихьиялдаса Чачанлъи Россиялдаса батIа тIезабуни лъикIаб бугин абулеб буго гьес.
Андрей Пионтковский: «Къадировас Россиялъул президент Владимир Путиние жиндир ритIухълъи бихьизабизе бахъулеб хIаракат гIемерго битIун гIуцIун гьечIин абила дица, щайгурелъул гьел мурадазе гьес либералал хIалтIизарулел рукIун. Гьеб цо либералазе гуребги тIолалго гIурусазеги рекIее гIолеб гьечIо. Бокьулеб гьечIо гIадамазе цо кинавалиго регионалияв нухмалъулес тIолабго Россиялъул суалазда хурхун жигар бихьизаби. Гьелде тIадеги Россиялъул шагьаразда чачаназул тIасан ккараб хьвада-чIвайиги бугони, Къадиров рехизе къваригIарал къуватазе гьеб киналъго халкъалъул рахъкквейги щвезабулеб буго. Къадиров кигIан дие вокьуларев вугониги абизе ккола, къуватал идарабазде данде дица гьесул рахъ кквелин. Къуватазе цо гьев нахъе рехизе гурелъул къваригIун бугеб, гьезие къваригIун буго Чачанлъиялда жидецаго ханлъи гьабулеб букIараб заманалде тIадруссине. Гьелъ рачине рес буго гьениб лъабабилеб рагъ байбихьилалде. Гьеб букIине буго Россиялъеги Чачанлъиялъеги катастрофа».
Россиялъул цониги федералияб каналалъ бихьизабичIин Грозныялда оппозиционеразе кьолел рукIарал хIинкъаби. Гьез абулеб букIанин Къадировасул рахъ ккураб митинг тIобитIанин гьенибин. Путинида ахирги бичIчIун бугин гьеб киналъго гьев лъикIалде вачине гьечIолъи ва Россиялъул жамгIияталъе вокьуларев чиясул рахъ ккурав чилъун живго вихьизе бокьун гьечIин Путиниейин абуна Пионтковскияс. Амма гьесул хIинкъи буго къуватал идарабазул церехъабаз, ахирги, Путин чачаналъ «гIадлу» гьабизе кколин абуралъе мукIур гьавизе бегьиялда, «гIадлуги» гьезие бокьухъе ай Къадировги нахъе рехун Чачанлъиялда къуватазул ханлъи чIезабизе бегьиялда.