Буйнакскалъул тахбакIида сверун ахIи-хIур жеги лъугIулеб гьечIо

Буйнакскалъул мэр ХIамзатов ХIусеница жив хъулухъалдаса нахъе ун гьечIин, жиндица нахъе ине разилъи кьураб кагъатги гьереси документ бугин абун прокуратураялде гIарза хъван буго. Талат къоялъ ФСБялъул хIалтIухъабаз Буйнакскалъул администрациялдаса мэр хIалтIудаса нахъе иналда хурхарал киналго документалги рахъун ун руго.

Гьал къоязда жиндиего бокьун хъулухъалдаса нахъе ун вугин абулев вукIарав Буйнакскалъул мэр ХIамзатов ХIусен хIалтIудаго вуго жеги. Нахъе ине гIарзаги жиндица хъван букIинчIин, журналистаз тIибитIизабураб гьеб гIарзаги гьереси документ бугин, гьелда сверун цIех-рех байбихьейилан абун Буйнакскалъул прокуратураялде гIарзаги хъван буго гьес.

Гьесул рахъкколев Буйнакскалъул шагьаралъул мажлисалъул депутат Валиев Зайирбегица ХIамзатовас хъулухъалдаса нахъе ине хъвараб гIарза гьересияб букIин чIезабейилан абун республикаялъул прокуратураялдеги Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялдеги гIарзаги хъван бугилан лъазабулеб буго «Черновик» газеталъ.

18 январалда тIобитIараб Буйнакскалъул депутатазул мажлисалъул данделъиялда гьеб

ХIусеновас хъвараб гIарзалъул халги гьабунила, жидеца гьеб къабулги гьабунилан лъазабулеб букIана депутатаз. Гьез сурат бахъун журналистазухъе битIун букIана шагьаралъул администрациялъул документал рахъулеб хасаб кагъаталда, рукIине кколел хъвай-хъвагIаялги ругеб, мугьруги чIвараб, ХIамзатовасул гъулбасги гъоркь лъураб гьес жив хIалтIудаса нахъе ине вугин жиндир бакIалда мэрасул ишал тIуралевлъун гьаб сагIат мэр хисулевлъун хIалтIилев вугев Закарья ГIамиров тIамейилан хъвараб гIарза.

Гьеб гIарза гьересияб бугин абун лъазабулев Валиев Залимханица гьанже журналистазда бихьизабулеб буго гьебго къоялъ ХIамзатов ХIусеница хъвараб жив сахлъун вугин, гьединлъидал хIалтIуде вахъине хIадур вугин абураб гIарза.

Гьелдаги мэрасул мугьруги гъулбасги буго. Гьел документазул кинаб хIакъикъиябали лъалеб гьечIо. Гьеб чIезабизе хасал идарабазул хIалтIухъаби лъугьун ругин абурал баяанал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе Буйнакскалъул администрациялдасан. Гьелъул хIалтIухъан ГIалиев МухIамадил баяналда рекъон 19 январалда гьениса ФСБяъул хIалтIухъабаз батIи-батIиял документал рахъун ун руго.

ГIалиев МухIамад: «Администрациялъул киналго документазул хъвай-хъвагIай гьарурал тIахьалги, ХIамзатовас хъулухъалдаса ине разилъикьун хъвараб гьереси гIарзаги бахъун ана сон хасал идарабазул хIалтIухъабаз. Живго ХIусен гьаб сагIатги шагьаралда гьечIо, гьев Москваялда вуго.

Гьенисан Буйнакскалъул прокуратураялде факсалъ гIарза хъван битIун буго гьес гьеб хIалтIудаса ине вугин хъвараб гIарза гьересияб букIин чIезабейин ва гьеб ишалда бан такъсиргьабиялъул иш рагьейилан абун. Анкьидасан вачIине ккола гьев Москваялдаса.

Унтун вукIун гьев ункъго моцIица хIалтIуда вукIинчIо, гьесие захIматаб операция гьабун букIана. Гъоркь анкьица хIалтIудеги вачIун вукIана гьев. Амма гIемер мех балалдего ана гьенисаги.

Администрациялъул батIи-батIиял бутIабазул хIалтIуда хурхарал документал тIалаб гьарун рукIана гьес. ТIокIаб цонииги буюри кьун букIинчIо ва лъазаби гьабичIо. ФСБялъги гьес тIалаб гьарун рукIарал документалги рахъун анин абулеб букIана».

Амма гьеб хъулухъалдаса нахъе ине гIарза унголъунги ХIамзатовас жиндицаго хъван букIанин. Итни къоялъ шагьаралъул депутатазул данделъиялда гьеб къабулги гьабунин, гьелда ран халгьабиялги тIоритIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе депутатазул цояв ГIалиев Зайналица.

Гьес абулеб буго ХIамзатов ХIусеница гьеб цебехун бицен гьабураб гIарза гьересияб букIараб батани гьелъул хIакъалъулъ информация къватIибе бачIарабго щайин гьедин лъазабичIебилан. Нахъисеб къоялъул къасилъагIан гьев щайин вуцIцIун чIун вукIаравилан.

Гьеб гIарза къабул гьабулеб мехалда депутатазул данделъиялда гьесул рахъалда ругел депутаталги рукIанила, амма гьезги щибниги абичIилан. Гьанже гьабизе жо тIагIиналъ цIидасан багъа-бачари лъугьинабизе къваригIун бугила гьезие шагьаралдайилан.

ГIалиев Зайнал:«Гьес жиндиего бокьун хIалтIудаса нахъе ине гIарза хъвана гьеб буго 100 проценталъ битIараб информация. Депутатазул данделъиялда киназдаго цебе халгьабуна гьеб документалъул.

Гьелъул щибниги бахча-хьвайги букIинчIелъул. Буйнакскалъул уставалда рекъон депутатаз къабул гьабизе кколе шагьаралъул бетIер нахъе иналъул хIакъалъулъ гIарза.

Гьебги къабул гьабуна, гIагараб заманалда Буйнакскалъул бетIерлъиялде рищиязде гIахьаллъизе бокьаразе конкурс лъазабиялъул хIакъалъулъ хIукмуги къотIана. Гьанжеги цIидасан гьеб базар гьабулеб буго ХIамзатовасул гIадамаз.

Дида прокуратураялъул хIалтIухъабаз абуна факсалъ битIичIого гьеб гIарзаги босун живго вачIайин лъазабун бугин жидеца ХIамзатовасдайилан. Гьев Валиевги гьабизе жо лъаларого ххелделев хутIун вугин рукIана гьелго чагIи гаргалел».

Прокуратураялдеги цIех-рехалъул идараялде гIарзалги хъван, диваналдеги кьун гьанжеги гьеб Буйнакскалъул мэр хисиялъул иш халат бахъинабизе хIал бихьулеб бугила ХIамзатовасул рахъккуразилан абураб пикруги загьир гьабуна гьевго депутатас.