Тбилисиялъул некIсиябги гьанжесебги тарих суратазулъ

Тбилисиялъул басриял авалал. Квараниса – мажгит, квегIиса – машгьурал чIабтIил хIамамал.

Нарихъалаялъул басриял къадал.

Тбилисиялда цIигьабун къачIалеб буго мажгит.

Tbilisi Mall абураб дармилгун рекIелгъеялъул кIалгIаялъуб тIахьазул тукен.

Тбилисиялда радалгIуж. Кьодасан бахъараб сурат.

Синагога. Тбилисиялда гIумру гьабун руго батIи-батIиял диназул гIадамал.

Мтацминда щобда бугеб некIсияб Нарихъала (IV –VII века). Тбилиси.

Грузиялъул юстициялъул министерлъиялъул цIияб мина. Тбилиси.

XIII гIасруялда бараб Метехи килисаялъул кашишас цIурмал кьабулел руго. Тбилиси.

Тбилисиялда руго гIемерал ашбазал, ресторанал, чагъир гьекъолел бакIал. Дие Тбилиси бокьула абураб ашбаз сордокъоялъ чIечIого хIалтIула.    

Италиялдаса архитектор Микеле де Луккил проекталда рекъон, Кура гIоралда тIасан лъураб цIорол кьо. Тбилиси.

Тбилисиялда гуржи мацIалъе бараб мемориал.

Фольклоралъул багьадурзабазе бараб мемориал. Тбилиси.

Вахтанг I Горгасали абурав гиназасе Тбилисиялда бакьулъ бараб мемориал. Вахтанг Горгасалица V гIасруялда Мцхетаялдаса Тбилисиялде бахъана Грузиялъул тахшагьар.

Церетелил цIар кьураб къватI. Тбилиси. ТIадехун бихьулеб буго Грузиялъул президентасул цIияб кIалгIа.

Нарихъала абураб некIсияб хъаладухъан гьадин бихьула Тбилиси.

Рагъулабгун-Гуржиялъул нух гIазулъ