Божизе бегьулищ "божилъи бугезул мажлисалда"?

Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов

Дагъистаналъул бетIерасул божилъи бугезул мажлис гIуцIун буго

Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул божилъи бугел гIадамазул мажлис гIуцIун буго республикаялда. Дагъистаналда рукIа-рахъин гьабулел гIадамазул республикаялъул бетIергун гьоркьоса къотIичIого бухьен букIиналъул мурад бугин гьеб мажлис гIуцIиялъулин баян гьабулеб буго тIалъиялда. Амма жамгIияталда жаниб бугеб хIал лъазе бокьанани бетIерасул цIаралда рачIунел кагътал цIалани гIолин, гьеб мажлис гIуцIиялъул мурад ГIабдулатIиповасул имидж борхизаби бихьулин рикIкIунеб буго «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовас.

Республикаялъул бетIерасул божилъи бугел чагIазул мажлисалда гъорлъе унел руго 55 чи. Гьел кколин жидер профессиялъулаб сфераялда цIар ва божилъи бугел гIадамал: тохтурал, мугIалимал ва сакъатал гIадамалин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесул администрациялъул пресс-хъулухъалъ. Гьезул аслияб мурадги букIине бугила Дагъистаналъул бетIерасул амруял ва тIадкъаял жамгIияталъухъе щвезари ва гьел гIумруялде рахъинариялъул бетIерасда лъазаби.

Божилъи бугел гIадамазда гъорлъ руго республикаялъул батIи-батIияял идарабазул нухмалъулел, цо-цо жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулел, спортсменал, пенсионерал ва сакъатлъи бугел гIадамал. Мажлисалъул бетIер кколев вуго живго Рамазан ГIабдулатIипов.

Мажлисалда цере лъурал аслиял масъалаби кколин жамгIиятгун бухьен цIубазаби, гражданияб жамгIияталъул институтазул ва тIалъиялъул гьоркьолъаби рекъезарийин лъазабулеб буго буюрухъалъул документалда.

Цебеккун, Дагъистаналда президентасул божилъи бугел чагIилъун рукIанин анлъго чи. Гьезул цояй Фазу ГIалиева нилъедасаги ятIаланин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЖамгIияб палатаялъул вакил Вагъаб Гъазибеговас. Гьесул рагIабазда рекъон, мажлис гIуцIи цIияб хабарлъун ккун буго жамгIияб палатаялъеги. Гьеб гIуцIиялда цебе кинал рукIаниги жамгIиял гIенеккиял яги цогидаб щибго букIинчIила, кисан бахъун гьеб ургъарабали гIицIго ургъизе хутIулеб бугин баян гьабуна гьес.

Вагъаб Гъазибегов: «Кинаб критериялда рекъон гьеб мажлисалде чагIи рищарал, миллияб, жамгIияб, яги кинабали дида лъаларо. Гьезул кодосел ишал кинал рукIине ругелалиги мухIканго бичIчIулеб гьечIо. Нижер сон букIараб ЖамгIияб палатаялъул данделъиялдаги гьеб мажлис гIуцIиялъул хабар букIинчIо. БичIчIулеб буго цо жо, гьеб мажлисалъул цебеккун я жамгIиял гIенеккиял я гьелъул суал гьоркьоб лъей букIинчIо, щибго лъидаго лъалеб жо гьечIо. Пиар-технологиял хIалтIизарун гьабураб жо бугилан ккола гьеб».

Щибаб къойил республикаялъул бетIерасул цIаралда нус-нус кагъат бачIунин, амма гьел гьединго хутIулин. ГIицIго гьел кагътал цIаланани гIезе бугин, кинаб хIал бугеб Дагъистаналъул жамгIияталда жанибали лъазе, жамгIияталда ругел унтиял ва негативияб ахIвал-хIалалъул хIалуцин борцинейин рикIкIунеб буго «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовас. СагIитовасул пикруялда респубикаялъул бетIерасул божилъи бугел гIадамзул мажлис гIуцIцIи кколеб бго ГIабдулатIиповасул имидж борхиялъе тIамулеб гали. Хадубккун гьелъул негативиял хIасилал рукIинеги рес бугин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIажимурад СагIитов: «Сунца квекIен гьабулеб букIараб республикаялъул бетIерасе, объективияб информация босизе ругел идарабазул кумекалдалъун, яги тIубараб мажлисилан течIогон, батIи-батIиял гIадамал ахIун, гьезул гIунIгутIабазухъ гIенеккизе. КIудияб къадар кагътазул, республикаялъул бетIерасул цIаралда ругел, рачIуна щибаб къойил тIалъиялде. Гьезухъ хал гьабунани, жамгIияталда жаниб бугеб цIубараб сурат бихьула ва жамгIияталда жаниб бугеб хIалуциналъул градус борцун бажарула. Амма гьеб мажлис гIуцIи буссинабун буго хас гьабун цо-цо жамгIиял гъатазде, щибниги гьабулеб бугилан ккезе гьабулеб жо. Гьеб кколеб буго имидж борхиялъе гьабулеб цо цIакъо махщел цIубачIел пиар-мененджеразул хIалтIилъун. Щай гурелъул гьеб мажлис гуцIиялъ идарабазул хIалтIи я лъикIлъизе, я квешлъизе гьечIо. Гьеб комиссиялда ругел гIадамаз бетIерасухъе хIакъикъияб ахIвал-хIал швезабиги щакаб буго, щай гурелъул, гьеб живго ГIабдулатIиповасул бетIерлъиялда гъоркь бугеб мажлис букIиналъ ва гьесда берцин рихьизе гьесие рагIизе бокьараб гурого бицинеги гьечIо. Гьедино дида бичIчIуларо, божилъи бугел гIадамазул мажлисалъул бетIерлъуда живго бетIер вукIинги».

Мажлисаллда гъорлъе унел чанго чигун бухьен гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ, гьезул пикру цIехон, ва кинал суалал бетIерасда цере рорхизе ругелали гьикъун, амма гьезухъа жаваб щвечIо.