«Исламияб пачалихъ» тIаде босун буго Афгъанистаналда гьабураб тIадекIанцIиялъул жавабчилъи

«Исламияб пачалихъ» абулеб Россиялда гьукъараб экстремистияб къукъаялъ тIаде босун буго Афгъанистаналъул Джелалабадалда Пакистаналъул консульлъиялде тIадекIанцIи гьабиялъул жавабчилъи. Гьелъул хIасилалда хун вуго щуго чи. Лъукъун вуго мадугьалихъ бугеб школалда вукIарав лъабго цIалдохъан. ТIадекIанцIи гьабурав кIигояв чIван вуго.