Украиналъ инкар гьабулеб буго Россиялъул газалдаса

Украиналъ инкар гьабун буго Россиялъул газалдаса. ХIукуматалъул бетIер Арсений Яценюкица лъазабуна 10 январалъул къаси бакIалъул телевидениялдасан Россиялъ газил цо кубометралъухъ тIалаб гьабулеб 212 долларалде данде Евроцолъиялда гьоркьохъеб багьа 200 доллар бугин.