Германиялъ хизизабизе бегьула мигрантазда хурхараб къанун

Кельналда гьарурал тIадекIанциязда хадуб, Германиялъул канцлер Ангела Меркелил ХДС/ХСС партиялъ цебелъей гьабулеб буго мигрантазе лъутун чIезе бакI кьеялъул къанунал хъачIлъиязариялда хурхараб.

Меркелил рагIабазда, инициатива гьоркьоб лъезе буго нухмалъиялъул коалициялда гъорлъе унел партнеразулгун, хадуб гьеб битIизе буго парламенталде.

Гьеб къануналъул проект къабул гьабуни, нухмалъиялъе рес баккулеб буго чанго нухалъ захIматал гурелцин такъсирал гьарулел ругони, мигрантазул депортация гьабизе.ЦIияб Соналъул байрамалъул сардикь тIадекIанциял гьариялъул щаклъи букIун ккурав 30 чиясда гъорлъан I8-яв кколев рагIула мигрант.