Вашингтоналъ, Сеулалъ ва Токиоялъ Пхеньяналъул "атомияб" галиялде данде цадахъаб реакция загьир гьабизе буго

ХъахIаб Рукъалъул лъазабиялда рекъон, Цолъарал Штатаз, Жанубияб Кореялъ ва Япониялъ хIукму гьабун буго Шималияб Кореялъ водородалъул бомбаялъул хIалбихьи гьабиялъул хIакъалъулъ лъазабиялде данде цоцалъ дандбараб реакция загьир гьабизе.

ХъахIаб Рукъалъ гьединаб лъазаби гьабиялда цебе, консультацияби гьарун руго Жанубияб Кореялъул президент Пак Кын Хегун ва Япониялъул премьер-министр Синдзо Абэлгун.

Пхеньяналъ атомияб бомбаялъул хIалбихьи гьабиялъе квешаб къимат загьир гьабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ. Гьединаб къиматалда разилъана Пхеньяналъул рахъ кколеблъун рикIкIунеб Китаялъцин.

ООНалъ лъазабулеб буго жинца Шималияб Кореялде данде тIадеги санкцияби лъазаризе ругин.