СагIудиязул ГIарабиялда диваналъул къотIиялдалъун 47 чи чIван вуго

СагIудиязул ГIарабиялда бакI-бакIалда диваналъул къотIиялдалъун 47 чи чIван вуго. Гьезул 45-гояв ккола сагIудиязул пачалихъалъул гражданин, цояв Мисиралдаса ва цогидав Чадалдаса. Гьезда чIван буго терроризмалде ва зулмуялде ахIи баялъул гIайиб. ЧIваразда гъорлъ – шиитазул вагIзачи Нимр ан-Нимр.

Гьев кколаан 2011 соналда СагIудиязул ГIарабиялъул машрикъалъул рахъалда тIоритIарал демонстрациязул аслияв гIуцIарухъанлъун. Нимр разияв вукIинчIо шиитазде тIадецуй гьабиялдаса. СагIудиязул къираллъиялъул халкъалъул 15 процент ккола шиитал.

Гъоркьиса СагIудиязул Гарабустаналда махIкамаялъул къотIиялдалъун 157 чи чIвана.

Ираналъ жибго СагIудиязул къираллъиялъул династия какун, гьелде гIунтIизабуна терроризмалде квербакъи гьабиялъул гIайиб. Нимр – экстремизмалде данде чIолаанин, лъазабуна Тегераналъ.