ДАГIИШ-алъ тIад босун буго Дербенталъул гьужумалъул жавабчилъи

"Исламияб пачалихъ", ай ДАГIИШ абулеб гIуцIиялъ жинда тIад босун буго талат къоялъул сардилъ Дербенталда бугеб Нарын-Хъалаялда гIадамазде гьабураб гьужумалъул жавабчилъи. Гьадин лъазабуна террористикиял къукъабазда хадуб интернеталда хал кквей гьабулеб SITE Intelligence Group абулеб информалаталъ.

Экстремистаз абулеб бугин гьеб тIаде кIанцIи жидеца гьабун бугилан Россиялъул рагъулал хъулухъчагIазде. Гьезул цояв чIван вугин, жеги 11-яв лъукъана.