Забайкалье икълималъул 5 полициялъулав туснахъ гьавун вуго

Забайкалье икълималъул диваналъ щуго полициялъулав гIайибияллъун рикIкIана гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьеалда ва руххиялда бан. Диваналъ хIукму гьабуна цояв щуго бащадгун соналъ, цогидав ункъго бащадгун соналъ жанире тIамизе.

ХутIарал лъабго сонгун лъабго моцI шартIазул туснахъ гьаризе руго. Рехсараб икълималъул прокуротуроялъул сайталда бачун буго цо хIужа. Гьел полициялъулал цIорораб гьава-бакъ букIараб мехалда хасалил авлахъалда танин ретIелги хьиталги гьечIого. Хадуб тохтурзабаз дов чиясе бохалъул килщал къотIана.