Рес буго Ходорковскияс Британиялда политикияб лъутизе бакI гьаризе

Михаил Ходорковский

ЮКОС нартил компаниялъул вукIарав бетIер Михаил Ходорковскияс лъазабулеб буго Британиялда политикияб лъутизе бакI гьаризе рес бугин жинцайин. 23 декабралда Россиялъ гьев лъазавун вукIана халкъазда

гьоркьосеб цIех-рехалде. Гьесда гIунтIизабулеб буго 1998 соналда Сибиралдаса мэр чIвазе буюри кьунин абураб гIайиб.

ВВС-ялъе кьураб интервьюялда Ходорковскияс абуна Россиялъул тIалъиялъул «бетIер сверун» бугин гьереси гIайибги гIунтIизабун жив жанив тIамизе рахъин бихьунин ва гьес абуна «гьанже бихьулеб бугин» президент Владимир Путиние жиндилъ «кIудияб хIинкъи» халлъулеб букIинин.

«Путинида кколеб батизе рес буго къватIисел улкабазда ругел Россиялъул активазда дица кверщел гьабизе рес бугин ва гьединго 2016 соналда улкаялда Пачалихъияб Думаялде рукIине ругел рищиязда демократиял къуватазе дица квер-бакъи гьабизе бегьулин»,-ян абуна Ходорковскияс.

23 декабралда Кремлалъ нахъ чIвана Ходорковский кквезе кьураб изнуялдехун жидер гIахьаллъи букIине бегьи ва абуна гьеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул ишин.