Израилалда кIудияб скандал буго телевидениялъ кьураб видеоялда хурхун

Израилалда такъсир гьабиялъул иш рагьун буго телевидениялъул цIиял харбазул программаялда жугьутI-экстремистаз Палестиналдаса лъимер чIвай кIодо гьабиялъул видео кьеялда хурхун.

Гьеб хIужа кьварун какулеб буго Израилалъул политиказги премьерасги.

Биньямина Нетаньяхуца абуна гьелъ бихьизабулеб бугин «гьеб къукъаялъул унго-унгояб гьумер ва гьелъул тIолабго Израилалъе хIинкъи бугин».

Гьеб видеоялда берталъ кьурдулел гIадамаз нусаз борлъ-борлъулеб буго Палестиналдаса гьитIичил сурат. ЛъагIелгун бащдаб гурони букIинчIев гьев хун вукIана жиндирго эбел-инсуда цадахъ Израилалъул террористаз гьезул минаялда цIа лъураб мехалда исана июль моцIалда Наблус шагьаралда гъоркьехун бугеб Дума абулеб росулъ. ЧIаго хутIун вуго гьесул ункъго сон барав вац, амма гьев жеги азарханаялдаго вуго.

3 декабралда ккун вукIана гьеб ишалда бан щаклъи бугев чанго чи.

Палестиназ жугьутIазде данде ахираб заманаялда къватIахъ зулму гьабиялъул карачел борхиялъе гIиллалъунги бихьулеб буго гьеб такъсиралъ бахъинабураб ццим.

Гьедин Ордон гIурул магърибияб рахъалда къватIахъ рукIарал тунка-гIусиязда хамиз къоялда чIван вукIана лъабго палестинав ва лъукъун вукIана лъабго жугьутIав.