Исана соналъул байбихьуда Страсбургалда тIобитIараб Европаялъул Диваналъул лъагIалилаб пресс-конференциялда гьелъул бетIер Дин Шпильманица абуна, Россиялъ дунялалда тIоцебесеб бакI кколеб бугин жинде данде гIадамаз гIарзал гьарун рукIиналъул рахъалъан.
Гьес гьединго тIаде жубана, инсанасул ихтиярал ва аслиял эркенлъаби цIуниялъул Конвенциялъул денонсация Россиялъ гьабуни, жиндир ракI буссине бугин. Гьанже гьадинаб хIинкъи хIакъикъаталдаги баккун буго, ян абулеб буго «Мемориал» централъул юрист Кирилл Коротеевас.
Кирилл Коротеев: «ТIоцебесеб иргаялда абизе ккараб буго - гьеб гурин гIицIго Путиница гьабураб хIукму. Гьеб буго Федералияб конституционияб къанун, Пачалихъияб Думаялъ ва Федералияб Шураялъ тасдикъ гьабураб.
Гьелъ Юстициялъул министерлъиялъе рес кьолеб буго Конституционияб диваналде хитIаб гьабизе. Конституционияб диваналъ жиндир иргаялда Россиялъе рес кьола Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул Диваналъул ялъуни цогидаб халкъаздагьоркьосеб идараялъул хIукмаби сан гьаричIого тезе, гьел Россиялъул Конституциялде данде ккун гьечIони. Гьеб буго гIемеррахъалъулаб проблема.
Дида ккола гьеб къануналъ щибго хисизе гьечIин. Амма цо гъира якъинго бихьулеб буго. Гьеб къанун къабул гьабун буго ЮКОС-алъул ишалда хурхараб Страсбургалъул диваналъул хIукму тIубазабиялъул болжал нахъе цIай мурадалда. Россиялъ гьадинал гIиллаби рачине бегьула: тIоцебего Конституционияб диваналъ хIукму гьабизе кколин, хадуб Министрабазул кабинеталъ гьеб дандбазе кколин ва цогидал».
Страссбургалъул диваналъ хIукму гьабуна ЮКОС-алъул рукIарал акционеразе цо миллиардгун микьнусиялда лъабкъоялда анлъго миллион евро компенсация хIис абалда кьезе. Амма Россиялъул юстициялъул министр Александр Коноваловас лъазабуна, гьелъие кьучI гьечIин.
Амма ЮКОС тани, гIадатиял гIадамазул къисматалъеги квешаб асар гьабизе гьечIищ гьеб къануналъ? Гьаб суалалъе Коротеевас гьадинаб жаваб кьолеб буго
Кирилл Коротеев: «Рехсараб къанун Венаялъул конвенциялдеги данде кколареблъун рикIкIине бегьула. Гьеб конвенциялъ пачалихъаздаса тIалаб гьабулеб буго халкъаздагьоркьосел къотIи-къаял тIуразари.
Гьеб гуребги, инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул конвенциялъги тIалаб гьабулеб буго щибаб пачалихъалда инсанас гIабураб гIарз ва гьелда бан къотIараб хIукму тIубазаби.
Дида ккола, гьеб цIияб къануналъ ахIвал-хIасл хисизабизе гьечIин, щайин абуни, Страссбургалъул диваналъул хIукмаби Россиялъ тIуразарулел рукIинчIо цереги».