Эрмения парламентияб республикалъул букIине буго

Эрмения гьанжеялдаса парламентияб республикалъул букIине буго. ГьатIан къоялъ гьеб республикаялъул рищиязул Централияб комиссиялъ тасдикъ гьабуна 6 декабралда гьениб букIараб референдумалъул хIасил.

Комиссиялъ гIадахъ босун буго «Эрменазул миллияб конгресс» абулеб оппозиционияб партиялъул гIарз.

Гьеб партиялъул хIисабалда референдумалъул хIасил битIараб гьечIин. Ругин гIемерал хIила-макруялъул хIужабиги, гьересияб бугин гьаркьазул къадарги.