Кинал лъимал рачунел "Лъималазул рокъоса"

2015 сон байбихьаралдаса щунусидаса цIикIкIун бесдалал хъизамазде рачун руго Дагъистаналда. Амма араб соналде данде ккун, гьеб къадар дагьаб кколеб буго. ГьабсагIаталда республикаялда лъимер бачине иргаялда чIарал 600 чи вуго, амма дагъистаниязе цIакъго гIисинал лъимал гурого хъизамалде рачине бокьулел гьечIо.

ЦебегIан букIараб данделъиялда, Шималияб Кавказалъул федералияб округалда хъизамалъул ва лъималазул проблемабазул рахъалъ Россиялъул президентасул ишал кодосесул гIакълучIужу Валерия Гнедьковалъ лъазабун букIана, ахирал соназ Шималияб Кавказалъул республикаязда лъалеб куцалда дагьлъанин бесдалазул ва эбел-инсуца рехун тарал лъималазул къадар.

2014 соналда хъизамазде рачарал лъималазул къадар тIоцебе цIикIкун буго лъагIалида жаниб тIатинарурал бесдалазул къадаралдаса.

2015 соналда гьеб хIал цIунун хутIун буго, амма хъизамазде къабул гьарурал лъималазул къадар цебесеб соналда данде ккун дагьлъун буго. Гьедин, 2014 соналда Дагъистаналда хъизамазде рачун руго 599 лъимер. 2015 соналда хъизамазде рачарал лъималазул къадар 450 цIикIкIун бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул Лъай кьеялъул министерлъиялда.

Гьебго заманалда Дагъистаналда, эбел-инсул тIалаб-агъаз гьечIогон хутIулел руго 5631 бесдал лъимер. Гьезул 96 процент кколел руго тIалаб агъаз гьабизе хъизамазде рачарай, ай тIад опека гьабурал. Щуго процент, 192 лъимер руго Лъималазул рукъзабахъ.

Хъизамалде хьихьизе рачарал, ай тIад опека гьабулел лъималазухъ хIукуматалъ кьолеб буго цадахъго 100 азарго гъурущ ва моцIие 7 000 гъурущ цо лъимаде. Хъизамалде васлъун яги яслъун бачараб лъимаде кьолеб буго 497 азарго гъурущ ва моцIие 14 000 гъурущ.

Гьединаб кIудияб къадар опекаялда горкь ругел лъималазул Дагъистаналда букIиналъе бугеб гIиллабазул цояб кколин эбел-инсуца инкар гьабунин абураб документалги гьарун гьел лъимал кIудиял эбел-инсуда, яги цогидаб гIагарлъиялда тIад хъван гIарац босийин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе, жиндир цIар рехсезе бокьичIей, Лъималазул рукъалъул хIалтIухъаналъ.

Хъизамалде лъимал рачиналъе квербакъи гьабулеб буго тIобитIулеб бугеб информациялъулаб кампаниялъги, гьедин СМИязул кумакалда тIобитIараб хIалтIул хIасилалда кIиго соналда жаниб лъималазул рокъор ругел бесдалазул къадар лъалеб куцалда даьлъун буго; 2013 соналда 266 лъимер букIун батани, 2015 соналда 117 лъимер хутIун буго лъималазул рукъзабахъ.

Дагъистаналда Лъималазул рокъоса лъимер бачине кканани хIажалъулин гIарац, яги гIемерал кагътал гьаризе хIажалъулин абун гIиллаби рачунел руго цо-цо дагъистанияз. Амма хIакъикъаталдаги, дагъистаниязе чIахIиял лъимал рачине рокьуларин, киназего хIажат рукIунин карандаса тIечIеб гIужалда ругел лъималин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абураб жамгIияб гуцIиялъул нухмалъулей Раисат ГIусмановалъ. Лъимер бачине иргаялда чIун анлънусидаса цIиIкIун чи вугила жакъа къоялде республикаялда.

Раисат ГIусманова: «Гьаб соналда, тIоцебесеб декабрялда ругел баяназда рекъон, цониги лъимер гьечIо гьитIичазул рокъоб. Гьенир рукIарал киналго рачун ана, гьел хутIуларо. ГьасагIаталда «Забота» лъималазул рокъор руго 27 лъимер, гьединго руго 14 лъимер Дербенталъул лъималазул рокъор, гьел руго 18 соналъул ригьалде рахинчIел лъимал, рачине бокьарал чагIазе.

Лъимал хъизамалде рачиналъул щибго квекIен гьечIо, рачинел бокьаралги гIемер руго. ГьабсагIаталда сияхIалда анлънусидаса цIикIкIун чи вуго лъимер бачине чIарал. Амма гьезие киназего хIажат руго битIун лъимал гьарулеб рокъосаго, сахал лъимал рачине. Амма кисаха гьанже гьечIеб мехалъ сахал лъимал рахъилел.

РукIуна сакъатлъи бугел лъимал рачунелги, гьедин цебегIан цо хъизамалде лъабго сакъатаб лъимер бачана. Нилъер гIадамазул гIакълу-лъаялъул буго гIунгутIи, гьезие сахал, гьанже гьарурал лъимал гурого рачине бокьулеб гьечIо».

Жакъа къоялде эбел-инсул тIалаб гьечIогон хутIарал сакъатал 47 лъимер бугила Дагъистаналда, гьел киналго хъизамалде рачине рес бугила бокьарал чагIи ругонани, амма къанагIат гурого рачунарин хъизамалде сакъатаб лъимерилан тIаже жубана «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулелъ.