"Санкциял - даран бикьизе бахъараб ахIи"

Дмитрий Потапенко

Магърибалъул санкциязде данде Россиялъ лъазарурал санкциял тIадегIанал хъулухъчагIазе бокьухъе экономика бикьа-къотIизе ургъунго гьарурал жал ругин рикIкIунеб буго бизнесчи Дмитрий Потапенкоца. Гьес гьедин абуна гьал къоязда Москваялъул экономикияб форумалда. Кванил нигIматазе эмбарго лъазабиялдалъун ургъунго гъурущги капкиде ккезабунин ва ургъунго экономикаги биххулеб бугин тIалъиялъин рикIкIунеб буго гьес.

«Пятерочка» абулел гипермаркетал гIуцIаразул цояв Management Development Group компаниялъул нухмалъиялдаса Дмитрий Потапенкоца Москваялъул экономикияб форумалда аргументаздалъун «нокауталде» витIанин абизе бегьула гьес бицаралда тIасан кIалъазе вахъарав депутат-единорос Владимир Гутенев. Потапенкол гьеб кIалъай интернеталда бищунго бихьулеблъун букIана гьал къоязда.

Гьеб хитIаб гьедигIанго машгьурлъиялъул гIиллалъун Потапенкода бихьулеб буго гIадамаз цоцалъ гIемер бицунеб жо тIоцебе рагьун, киназдаго рагIуледухъ бициналъулъ. Цебе бизнесчиясул гъванщаги ккун гьесда бичIчIизабулеб букIун батани ватIан бокьизе кколеб куцги гьев киназулго налъулав вукIинги, гьеб форумалда гьебго жо интеллигентияб куцалда, хIинкъабиги кьечIого, халгьабулел чагIи ритIилин тIадецуйги гьабичIого лъазабулеб букIанин абуна гьес.

Гьенив жинца бицаралда тIасан кIалъазе вахъарав депутат Владимир Гутеневги жинда гIумруялъ вихьарав чи вукIинчIин ва тIокIав вихьизеги хъван батугегин абуна гьес.

Гьеб видеоялда гъоркь кьолел комментариязда гIадамаз дуца бицаралъе гуреб гьеб кIалъаялъухъ дуе букIине бегьулеб тIадецуялъул гIемер хъвалеб букIанин гьел гIадамазде щибин дуца абилебин кьураб Эркенлъи Радиоялъул суалалъе Потапенкоца гьадинаб жаваб кьуна:

Дмитрий Потапенко: «ХIинкъи- буго бищунго лъикIаб лъагъ, амма цIакъ квешаб хважаин. "Ритейлер" абулеб басмаханаялъул форумалда анцIго сон цебе гьабураб дир каламалъул цIар букIана: «Дуда нух бихьизабизе буго гъеждакIичIал рарав гIоркьиласда дур бизнес берцин бихьани» ян. Дандекквезе бегьула доб мехалда рукIарал комментариялги гьанже ругелги. Дир къисматалда хIинкъарал ва гьелъул ургъел бугел гIадамазде дица абила «Баркала»-йин. Гьеб каламалъул гьедигIан кIудияб ахIи-хIур букIинин дида ккун букIинчIо, ракIалда бугеб жо аби гуреб, гьелъул ургъелцин букIинчIо дие. Вахъун чIун хвезе бокьила, нагабазда гIумру гьабизегIан».

ЭР: Щибха улкаялъул экономикаялда букIине бугеб гIагараб заманалда?

Дмитрий Потапенко: «Экономиялда щвезабун буго ункъго кьаби. ТIоцебесеб– кванил нигIматазе гьабураб эмбарго. Конкуренцияги гъанкъибазун, гьереси-бизнесчагIазухъе, битIун абуни хъулухъчагIазда гIагарал структуразухъе кьуна экономикаялъул гьеб гIаркьел.

КIиабилеб-санкциониял кванил нигIматал тIагIинареян бахъараб къунун ва ургъунго гьабураб гъурщил девальвация.

Лъабабилеб- кредит босизе ккани тIалаб гьабулел документал гIемер гьари ва кредиталъул процентал хIаттун цIикIкIинари.

Ункъабилеб-Федералиял нухазда лъолеб «Ротенбергил магъало». Гьеб буго ботIроде кьвагьаб гIадинаб жо.

Щибха гьелъул ккезе бугеб?

Гъурщил букIине буго дагьабги девальвация. 2016 соналда кIудиял хиса-басиял ккечIониги, аслиял проблемаби байбихьизе руго 2017 соналда, нахърателал лъугIараб мехалда. Кинабго жо лъалаго хиралъизе буго. ТIалъиялъ абуни щиб гьабунги балагьизе буго дунялалъул картаялда цоги рагъ гьабизе бегьулеб улка. Щайгурелъул гьез жал щалали улкаялда жаниб бихьизабун бугелъул, гьезие къваригIине буго къватIибги гьезул адаб гьабизе. Амма гьениб гьезие конкуренция букIине буго. ТIалъиялъул «кризалъул программайин» абулеб жоги буго «къо аги, сордо аги» абулеб гIадинаб жо.

ЭР: Дур хитIаб президентасда яги премьерасда рагIизе бокьилищ дуе?

Дмитрий Потапенко: «Гьезда гьеб цIакъ лъикI лъала! Дупататаз ва цогияз «оппозициялъул» бицунеб мехалда гьезда абизе ккола Кремлалда жаниб бугеб опозициялъул бицейин. Президентасда сверун ругел къукъаби цоцалъ къеркьолеб куц бихьун, гIуцIараб таскъирчилъиялъул къукъаби цоцалъ къеркьолеб куц-гьадингосеб жо. Гьезда аскIоб «Болотная майдан» щибго гуреб жо буго. ХIакъикъияб оппозиция буго Кремлалда жаниб ва аслияб лъугьа-бахъинал гьелда жанир рукIинеги руго. Думаялда гуреб, Федерациялъул Шураялда яги майданазда гуреб-Кремлалда жаниб».