Дональд Трамп: "Бусурбабазе нух къазе ккола Америкалде"

Цолъарал Штатазул президентасул хъулухъалде Республиканияб партиялъул рахъалъан кандидатлъун вахъарав бизнесчи Дональд Трампица ахIи балеб буго киналго бусурбабазе Америкалде нух къаялде.

Гьадинаб лъазабигун гьев цеве вахъана Калифорния штаталда бугеб Сан-Бердарино абулеб бакIалда гIемерал гIадамал речIчIун чIван хадусала. Гьеб чIвадариялъул жавабчилъи тIад босун буго «Исламияб Пачалихъ» абулеб террористикияблъун рикIкIунеб гIуцIиялъ.

Трампил лъазабиялъ кIудияб дандерижи багъаризабуна Америкалда. ГIемерисез гьев какула. ХъахIаб Рукъалъ лъазабуна гьадинаб иш Америкалъул къиматазде данде кколарин.

Амма живго Трампица гьеб каки нахъ чIван, ракIалде щвезабуна президент Рузвельтица Дунялалъул КIиабилеб Рагъул заманалда гьабураб хIукму – киналго япониял хасал мархьабазде ритIизе.