Туркиялъул президент Ражаб Эрдогъаница хамиз къоялда лъазабуна жидехъ ругин «Исламияб Пачалихъ» абулеб террористияб гIуцIигун Россиялъ къануналде данде кколареб даран гьабулеб букIиналъул мухIканал далилалин.
Гьезухъа Туркиялъ нарт босулеб бугин Россиялъул лъазабиялги «аморалиял» ругин абуна Эрдогъаница.
«Нижехъ руго далилал ва нижеца гьел дунялалъе рагьизе руго»,-ян абуна Эрдогъаница Анкараялда гьабураб телехитIабалда.
Цебесеб къоялъ Россиялъул улкацIуниялъул министерлъиялъ Эрдогъанида ва гьесул хъизамалда гьабун букIана «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъаялъухъа бичун нарт босиялъул гIайиб.
Гьеб лъазабиялъе далил бачинчIони-гьеб гьереси букIунин ва гьеб харбилъе жиндир хъизан жубазаби бищунго нич бахъараб жо букIанин абуна Эрдогъаница. Москваялъ бицунеб уяб гьабулеб далил бачани, жив хъулухъалдаса нахъе ине вугинги абуна турказул президентас.
ИГИЛалъухъа нарт босулев чиги Россиялъул паспорт бугев Сириялдаса Джоржд Хасвани вугин абуна гьес, гьеб бизнесалда гьев вугин бищунго кIудияв даранчиян.
ИГИЛалъухъа нарт босулев гьоркьохъан хIисабалда Хасваниде данде санкциял гьарун рукIана Америкаялъги Евроцолъиялъги.
Россиялъулги Туркиялъулги гьоркьорлъаби хвана 24 ноябралда Россиялъул СУ-24 Туркиялъул гьавадул къуватаз бортизабун хадуб. Анкараялъ абулеб буго, лъазабиязухъ балагьичIого, гьеб жидер территориялде боржун бачIанин. Москваялъ гьел гIайибал нахъчIвалел руго ва Туркиялде данде санкциял лъазарун руго.