Кремлалъ Татарстаналдаса тIалаб гьабулеб буго тюрк дунялалдаса батIалъун чIей

Башкортостан. ТЮРКСОЙ гIуцIиялъул иргадулаб данделъи рагьиялъул тадбир. Уфа. 2012 сон.

Гьалкъояз Россиялъул батIи-батIиял интернет сурсатазда загьирабун буго информация, Россиялъул культураялъул министерлъиялъ Татарстаналдаса талаб гьабулеб бугин тюрк дунялалдаса батIа чIей. Экспертазул хIисабалда гьадинаб тIалабалъ Россиялда ругел тюрк миллатазул гуребги, Централияб Азиялъул республикабазулги ракI буссине бегьулин.

Россиялъул тIадтараз гIамал гьабулеб буго Туркиялде данде экономикиял санкциял лъазари гуребги, киналго гуманитариял контакталги гьоркьоса къотIизари. Гьалкъояз Ленинил цIаралда бугеб Россиялъул Централияб библиотекаялда цебе хIалтIулеб букIараб Россиялъулгун - Туркиялъул гIелмияб Централъ лъазабуна тIокIаб чара гьечIого жидеца жидерго хIалтIи гьоркьоса къотIанин.

Нахъе рахъун руго гIусман-турк мацI лъазабулел дарсал, аспирантазеги магистрантазеги кумек гьабизе тIокIаб рес гьечIин. Гьанжеялдаса рукIине гьечIин я лекциял, я гIелмиял конференциял, я гургинал истолал.

Щайдай центр къан бугин, жидеда лъаларин, абулеб буго гьелъул официалияб сайталда. Амма Туркиялда ва Россиялда гьоркьоб дагIба багъарараб мехалъ гIилла якъинго бихьула: Кремлалъул ццим бахъин.

Цойги гIажаибаб хIужа ккана гьалкъояз. Россиялъул култтураялъул министр Владимир Мединскияс цо-цо республикабазде тел кьабана – ТЮРКСОЙ абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъулгун ругел бухьенал гьоркьоса къотIеян ахIи бан.

ТЮРКСОЙ ккола ЮНЕСКО-ялда релъараб гIуцIи ва тюрк дунялалда гьелъ хIалеб буго гьадинабго маданияталъул роль. 2014 соналда Казань тIаса бищун букIана тюрк дунялалъул тахшагьарлъун. Кинха бегьулеб Мединскиясул буюри тIубазабизе? Жиндирго миллияб бичIчиIялдаса инкарищ гьабизе кколеб?

Нижер программаялъе гьадинаб баян гьабулеб буго Эркенлъи радиоялъул эксперт Карим Камалица.

Карим Камал: «Гьеб гIицIго Мединскиясул хьвада-чIвадиялъул нух гуро, Москваялда вугев гъозул КIудияс гьадинаб хIукму гьабуна, ццим бахъун. Турказулгун киналго бухьенал гьоркьоса къотIе ян буюри кьуна гьес киназего. Ахирисел соназда бищун щулиял ва гIатIидал бухьенал - экономикияб рахъалъ букIа, культурияб рахъалъ букIа хасго Туркиялъулгун рукIана Россиялъул.

Мединский культураялъул министрлъун вугониги, гьесул напсияб культураялъулъ кIудиял проблемаби рихьула. Гьесда лъаларо хIатта цо-цо дагьа-макъалцин бигьаял жал, гьес кIудиял гъалатIал риччала, палхIасил гьев гьеб хъулухъалде тIамун вуго хадучи хIисабалда».

ТЮРКСОЙ гIуцIиялъулгун ругел бухьенал нагагьлъун гьоркьоса къотIани, гьеб лъикIаб гуреб асар гьабизе бегьула Татарстаналъул маданияб гIумруялъе, ян абулеб буго экспертаз. Гьеб гIуцIиялъул квербакъиялдалъун республикаялда тIоритIула батIи-батIиял маданиял тадбирал, фестивалял. Масала бусурбабазул кинофестиваль.