Анкараялъ нахъ чIвана террористазухъа нарт босулеб бугин абурал лъазабиял

Туркиялъул президент Реджеп Эрдогьаница нахъ чIвана жиндир улкаялъ «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъухъа нарт ва газ бичун босулеб бугин абураб лъазабиял.

Гьедин абулел рахъаз гьелъие далилал рачине кколин, лъазабуна гьес хамис къоялда Анкараялда тIобитIараб Туркиялъул нухмалъиялъул данделъиялда.