Соналъул байбихьудаса хъулухъчагIазул харжал цIикIкIун руго 4 проценталъ

Росстаталъул баяназда рекъон, соналъул байбихьудаса федералиял хъулухъчагIазул харжал цIикIкIун руго ункъго проценталъ. Гьебги щиб 2015 соналда гьезул харжал 10 проценталъ дагьлъизариялъул хIукму гьабун букIиналде балагьичIого.

Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго «Коммерсант» газетаялъ.

Гьелдаго цадахъ Пачалихъияб Думаялъулги Федерациялъул Мажлисалъулги аппараталъул хIалтIухъабазул харжалъул даража тIаде ун буго лъабго бутIаялдаса цо бутIаялъ. РикIкIеналъул палатаялъул хIалтIухъабазул - 40 проценталъ.

Жакъа федералиял пачалихъалъул хъулухъчагIазул гьоркьохъеб харж кколеб буго I00 азарго гъурущ.

Марталда президентас бахъараб буюриялда рекъон, 2015 соналъул I маялдаса байбихьун президентасул администрациялъул, хIукуматалъул ва РикIкIеналъул палатаялъул пачалихъиял хъулухъчагIазе биччалеб гIарцил къадар дагьалъизабун букIана I0 проценталъ.

Гьеб гуребги, къануналъ бахъун, апрелалда пачалихъиял хъулухъчагIазул, рагъулазул ва диванчагIазул харжазул индексация гьабиялдаса инкар гьабун букIана.

Гьеб гуребги, цогидаб буюриялдалъун президентас харж дагьлъизабун букIана жиндиргоги, премьер-министрасулги, хIукуматалъул цогидал гIахьалчагIазулги.

Нухмалъиялъул хIукмабазулги харжазул статистикаялъулги дандеккунгутIи экспертаз хурхинабулеб буго къануназул хаслъиялда. Пачалихъиял хъулухъчагIазул харжал хисизе риччангутIи яги гьел гьитIинлъизари хъвалеб рагIула гIицIго гьезул харжазул кьучIияб бутIаялда (щолеб пайдаялдаса 25 проценталда). Гьелъин абуни ресал хутIизарулел руго харжалъул дагьлъизабураб бутIаялъе компенсация гьабизе пайдаялъул цогидаб бутIа жубаялъул къагIидаялда.