Эрдогьан: "Нижеца нижерго гIурхъаби ва нижерго вацал цIунизе руго"

Халат бахъунеб буго Россиялъул рагъулаб боржаро Туркиялъул авиациялъ бортизабиялда хурхараб скандал. КIиябго рахъалъ цоцаде гIунтIизабулеб буго провокация гьабиялъул гIайиб. Амма Туркиялъул тIадтаразде данде ккун, Россиялъул хIакимзабаз батIи-батIиял хIинкъаби кьолеб буго Туркиялъе.

Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас Туркиялъ гьабураб ишалда абуна, гьеб бугин гIакълу гьечIеб такъсирчилъи. Гьелъухъ Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ Туркиялъул илчи Умит Ярдым ахIун, гьесде чIван къотIараб протест лъазабуна.

Туркиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул баяналда рекъон Россиялъул СУ-24 тайпаялъул рагъулаб боржаро Туркиялъул гьавадул гIурхъи бахана. Амма Россиялъул рагъулал тIадтараз абулеб буго, жиндир боржаро Сириялъул гьавадул гIатIилъиялда боржун унеб букIанин.

Медведевасул рагIабазда рекъон Туркиялъ гьарулел ишаз мадугьаллихъ бугел кIиябго улкабазул гьоркьобакI квешлъизабулеб бугин. Ва гьеб сабаблъун Россиялъ цадахъал проектаздаса инкар гьабизе бегьулин, ва гьелдалъун Россиялъул территориялда хIалтIулел турказул компаниязе кIудияб заралги букIине бегьулин.

Экспертаз абулеб буго рехсараб хIужаялъ тIоцебесеб иргаялда асар гьабизе бегьулин «Туркиялъул чвахи» абулеб цадахъаб проекталъе.

Россиялъул премьер-министрас гьединго абуна, Туркиялъул тIадтараз бихьизабунин жидеца Исламияб пачалихъалъул экстремистал цIунулеб куц.

БатIияб пикру загьирабулеб буго Туркиялъул тIадтараз. Гьеб улкаялъул президент Ражап ТIайгьип Эрдогьаница 25 ноябралда МугIалимзабазул къо кIодо гьабулаго абуна, Туркиялъ цониги улкаялде тушманлъиялъул бербалагьи бихьизабулеб гьечIин, аммаила киназдаго тIадаб буго Туркиялъул гIурхъаби цIуниялъул хIурмат гьабизе.

Гьадинаб калам турказул президентас гьабуна жиндирго кIалгIаялда букIараб данделъиялда.

Ражап ТIайгьип Эрдогьан: «Нилъ руцIун чIезе гьечIо нижерго гIурхъабазе хIинкъи щолеб мехалда. Нилъер тIубараб ихтияр буго нилъерго гIурхъаби цIунизе, амма гьеб ихтияр чIечIого хвезабулеб буго. Гьаб инциденталъул эскалация гьабизе нилъер хиял гьечIо. Туркиялъ гIицIго жиндирго хIинкъи гьечIолъи ва жиндирго вацазул ихтиярал цIунулеб буго».

Эрдогьаница абуна хIужа ккараб бакIалда, ай туркменаз яшав гьабулеб Байырбуджак абулеб мухъалда Исламияб пачалихъалъул рагъухъаби гьечIин. Дора руго турказе гIагарал гIадамал, туркменал. Россиялъийн Исламияб пачалихъ багьанадуе босун, туркменазде гьужумал гьарулел ругин.

Туркменаз гIамал гьабулеб бугин жидерго рукъзал ва ракьал цIунизе. Амма гьеб гIисинаб миллат жахIабго толеб гьечIо Башар Асадил низамалъ, гьезде чIечIого тIаде кIанцIиял гьарулаго. Гьалеха, абулеб буго Эрдогьаница, гьаб мухъалде Россиялъ гьужумал гьарулел руго Башар Асадил низам цIуни мурадалда.

Туркиялъ кидаго квербакъи гьабулаан ва гьабизеги буго гьеб мухъалда гIумру гьабулел жидерго вацазеилан.

Туркиялъул ТРТ-телеканалалъ гьабулеб буго гьадинаб баян: Байырбуджакалда ругел туркменазе щолеб буго чIвадариялъул хIинкъи. Гьезда Россиялъул авиациялъ чIечIого бомбаби ралел руго Аджису, Фырынлык, Кызылдаг ва Байырбуджук махъазда.

Гьеб гуребги, Сириялъул тIадтараз тирелобаздалъун дора жиндирго аскариял ритIула. Байбырджук абулеб мухъ ккола Латакиялда кIвар кIудияб стратегикияб бакI.

Хасго доба Башар Асадил хIукуматалъул аскариязде данде кIудияб къеркьей гьабулеб буго. Гьеб регион Асадил тIубараб контролалде гъоркье ккани, Ракьаздагьоркьосеб ралдал рагIаллъиялда ругел Сириялъул хIукуматалъул аскариязул позицияби щулалъила. Туркменаз жиндирго ракь цIунулеб буго рагъулал къукъаби гIуцIун.

Гьезде данде рагъ бачунеб буго Ираналъул ХIезболлагь багъа-бачариялъул къеркьохъаназ ва ГIиракъалдаса, Афгъанистаналдасаги, Пакистаналдасаги гьенире рачIарал шиитаз. Гьадинаб баян гьабуна Туркиялъул ТРТ, телеканалалъ.