Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ байбихьуда лъазабун букIана СУ-24 абулеб гьеб жиндирго боржаро Сириялъул гьавадул гIатIилъиялда букIанин ва ракьулъа бортизабун букIанин.
Туркиялъул рагъулал тIадтаразийн абуна Россиялъул боржаро жиндирго гьавадул гIатIилъиялде бачIун букIанин. Турказ цо чанго нухалъ тIалаб гьабуна, жидерго гьавадул гIурхъи бахинабуге, ян абун. Аммаила Россиялъул воржарухъанас гьеб сан гьабичIого танин.
Туркиялъул Hurriyet, газетаялъул баяналда рекъон боржаро бортана Сириялъул Йамадлы абулеб росдал сверухълъиялда. Гьеб буго туркоманзалул росу. Гьаб гьитIинаб миллаталъул вакилзаби Сириялъул президент Башар Асадиде данде чIун руго. Россиялъул кIиго пилотас катапультаялдалъун хвасарлъана. Цояв хадуб гIумруялдаса ватIалъанин.
Гьеб хIужа ккун хадусала Россиялъул президентас абуна гьелъ квешаб асар гьабизехъин бугин Россиялъулгун Туркиялъул кIирахъалъулал бухьеназе.
Владимир Путин: «Жакъасеб балагьалъулаб хIужаялъ квешаб асар гьабила Россиялъулгун Туркиялъул бухьеназе. Жакъасеб ками хурхараб буго нижее нахъасан гьабураб хIалихьатаб кьабиялда. Гьеб кьваби террористазул кумекчагIаз гьабун букIанин абун гурони, тIокIаб щибниги абизе кIоларо дида».
Президент Владимир Путиница чIван къотIун абуна, Россиялъул боржаро Туркиялъул гьавадул гIатIилъиялде бачIун букIинчIин.
Владимир Путин: «Нижер кьвагьизабураб боржаро Сириялъул територриялда тIад боржун унеб букIана. Туркиялъул F-16 тайпаялъул боржароялъ гьелде риччан рукIана Гьава-гьава тайпаялъул ракетаби».
Жиндир иргаялда Туркиялъул премьер-министр АхIмад Давудогълуца абуна Туркиялъул тIубараб ихтияр бугин жидерго гIурхъаби цIунизеилан.
Гьелдаса нахъе талат къоялъ кIудияб ахIи-хIур багъарана социялиял сайтаздаги политикияб ва жамгIияб гIумруялдаги. Россиялъул пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Николай Левичевас ахIи бана Туркиялда ругел Россиялъул киналго гражданал эвакуация гьабун, тIад руссинариялде, илчи нахъе ахIиялде ва гьеб улкагун ругел гьавадул бухьенал гьоркьоса къотIиялде.
Жиндирго блогалда Россиялъул цIар арав оппозиционер Алексей Навальныяс квешаб къимат кьолеб буго Путиниеги Эрдогьаниеги. КIиявго колин пиарщикал.
Путиница Сириялда бачунеб бугин хIажат гьечIеб рагъилан. Исламияб пачалихъалде данде бачунеб рагъ гьеб гурин, гьеб бугин жиндирго гражданал гьукъи мурадалда бачунеб рагъ. Гьелдалъун бахIарчилъи гуреб – гIамал кIодолъи бихьулеб бугин.