Нахъеги мажгитазда полициялъулазул рейдал

20 ноябралда МахIачхъалаялда иргадулаб нухалда мажгитаздаса Жанисел ишазул бутIаялде ккун рачун руго гIадамал. Полициялъулаз гIадамазда цадахъ ккун руго Котрова къватIалда мажгиталда рукIарал «Коммерсантъ» изданиялъул журналист ва фотографги.

20 ноябралда радалалдаса бахъун Венгеразул рагъухъабазул къватIалда бугеб мажгиталде ва Котрова къотIноб бугеб мажгиталде ракIаризе лъугьана полициялъулал ва тIад маскIаби хурал рагъулал.

Рузманалде гIадамал рачIунаго, жанирецин риччачIогон ккун рачун анин цо-цоя, жал хIинкъун рукIанин, цебегIан ккун букIарабго гIадаб тунка-гIуси ккелин мажгиталде рачIунездаги полициялъулаздаги гьоркьобилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Венгеразул рагъухъабазул къотIноб бугеб мажгиталъул имам хисулев МухIаммад МухIамадовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, чанго къоялъ цереги гьеб мажгиталдаса автомашинабазда жанир ругIун ун руго рачун гIадамал Жанисел ишазул бутIаялде.

МухIаммад МухIамадов: «Какр балелдего ккун рачун ана гьениса щуго-анлъго чи. Хадуб дица какдаса хадуб цIехедал, щай гьел рачIунел ва кинаб мураб бугеб гьезулали, полициялъулаз жаваб гьабуна жидер тIадкъай бугин, гьенив цо хасав, щаклъи бугев чи валагьизе. Гьев валагьиялъе гIолон гьарулел тадбиралги ругин.

Гьелдалъун лъугIана ричIчIунгутIиял. Амма гьеб цо лъугьа-бахъин гуро, чанго къоялъ цебе, мажгиталде какде рачIарал 50-60 чи ккун вачун ана Советский мухъалъул Жанисел ишазул хIалтIухъабаз ва хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз.

Мажгит кIиябго рахъалъ сверун ккун, автомашинабазда жанир къазарун рачун ана гьел. Гьез бичIчIизабуна, жидер масъала бугила нуж гьедин нахъе-цере гьаби, щай гьез мажгиталда гIадамал кколелали бичIчIуларо дида. Цебе-цебе щиб букIунеб букIун батаниги, жакъа нижер мажгит буго гIицIго Аллагьасул дин гьабулеб бакI.

Щибаб вагIзаялдаги имамас ахIула ракълиде ва жакъаги лъазабуна, нагагь рачунел ругони, берцинго айин гьелгун, дандечIей гьабугейин. Нижеца кIвараб жо гьабула гIадамал мекъаб нухалде иналдаса цIуниялъе, амма жамгIияталда жанирги батIи-батIиял рукIунел гIадин гIадамал, мажгиталде вачIарав щивасул хиялал лъазе бажаруаро».

Дагьаб хIалуцараб хIал букIана Котрова къватIалда бугеб салафиязул мажгиталда. Гьениб, къватIире рачIунеб бакIалда цебе гор гьабун чIезабун букIана ункъо полициялъул автобус. Гьенир жанир рекIинарулел рукIана рузманалдаса къватIире рачIунел гIадамал.

Гьезда гъорлъе ккун руго «КоммерсантЪ» газетаялъул хIалтIухъабиги. Мажгиталда суратал рахъулел рукIарал журналист Григорий Туманов ва фотограф Дмитрий Коротаев полициялъулаз цогидал ккуразда цадахъ рачун руго МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде.

Гьениб жидеца 40 минут гIанасеб заман банин, хадуб жидеца Москваялдаса журналистал ругин бичIчIизабидал, риччанин баян гьабуна хас гьабун «Эркенлъи» радиялъе журналист Григорий Тумановас.

Григорий Туманов: «Ниж Котрова къватIалда бугеб мажгиталда рузман бай бахъулел рукIана. Гьеб заманалда байбихьана рейд полициялъул. Дида бичIчIухъе, гьеб гьениб къанагIалъи кколеб гьечIо. Цо заманалдасан гьеб кинабго бахъулеб рукIаго, цо гIадатияб ретIел ретIарав чияс буюрухъ кьуна ниж Жанисел ишазул бутIаялде рачейин.

Цинги, цин нижер фотограф Дмитрий Коротаев, цинги дун рекIинаруна автомашинаялда, цинги рачана гьенире. Нижеда щибго бичIчIизабулеб букIинчIо, гIицIго щал-кинали чIезабизе рачарал ругин абун гурого, хадур нижеца Москваялдаса журналистал. «Коммерсантъ» газетаялдаса ругин бичIчIизабидал, гьелъ асар гьабунилан ккола гьезде. Кинабго хехго лъугIана, нухмалъулесул кабинеталда нижеда абуна гьеб бичIчIунгутIи ккун бугин ва кинабго лъикI бугилан».

Журналистас тIаде жубана, Дагъистаналда гьезул хIалтIи жеги рагIалде бахъун гьечIин ва щибго хиса-баси гьеб лъугьа-бахъиналъ гьабичIин жидер гьаризесел ишазе.

Журналисталгун цадахъ Жанисел ишазул бутIаялде рачун ун руго лъеберидаса цIикIкIун чи. НугIзаз бицухъе, мажгиталдаса гIадамал къватIире рачIине лъугьараб мехалъ гьаваялде кьвагьиял рахъун руго, цинги дагьалго тунка-гIусиял ккун руго мажгиталде рачIаразда ва полициялъулазда гьоркьор. Гьел хехгого лъугIизеги гьарун руго.

Бакъаниде, ккуразул цо къокъа жеги ккун ругин баян гьабуна Жанисел ишазул бутIаялда.

Сунда бан мажгитаздаса гIадамал кколел ругелали абураб суалалъе жаваб щолеб гьечIо низам цIунулезухъа.