Туркиялъ Россиялъе протест лъазабуна

Туркиялъул къватIисел ишазул министр АхIмад Давудогъуца Анкараялда вугев Россиялъул илчи Андрей Карпов жиндихъе ахIун протесталъул лъазаби загьирабуна – Сириялда ругел туркоманазул росазде Россиялъул авиациялъ бомбаби рехун рукIиналда бан.

Россиялъул аскарияз бомбаби ралел ругин Туркиялъул гIурхъида аскIоб. Туркоманал ккола гIитIинаб миллат. Гьелъул вакилзабаз гIумру гьабулеб буго ГIиракъалдаги Сириялдаги.