Терактал гIуцIарав Парижалда чIван вугин рагIула

Парижалъул Сен-Дени мухъалда гьабураб рейдалъул хIасилалда чIваразда гъорлъ вукIун вуго 28 сон барав Бельгиялдаса гьениве вачIарав ГIабдулхIамид Абауд, ян лъазабуна Франциялъул низам цIунулез. Гьев рикIкIула 13 ноябралда Парижалда рьарурал терактазул гIуцIарухъанлъун. Гьадин лъазабуна Парижалъул прокурор Франсуа Моленица.