Камазистазул "чвантинибе" бегьулеб квер

Russia -- KAMAZ truck in Russia, undated

БачIунеб соналъул маялдаса байбихьун цIикIкIинабизе буго рикIкIадаб манзилалъ юк баччулел чIахIиял автомашинаби рачунез кьезе кколеб магъало. 12 тоннаялдаса цIикIкIун юк босулел автомашинаби рачунез щибаб километр рикIкIун кьезе ккезе буго ункъгогIан гъурущ гьанже бугеб гъурущгун бащдаялде дандеккун.

«Камазал» рачунел дандечIун руго гьеб хIукмуялде, амма тIадагьаб автомашиназул бетIергьабаз абулеб буго битIараб хIукму бугин, щайгурелъул гьединаб бакIаб цIайи тIасан ун хадуб кIудияб зарал кколеб бугин хъил тIурал нухазейин.

Россиялъул хIукуматалъ гьабураб гьеб хIукмуялда дандечIарал акциял лъазарун нухде рахъунги рукIана юк баччулел автомобилалъул бетIергьаби. 12 тоннаялда цикIкIун юк баччулезе магъало цIикIкIинабизе бугин 15 ноябралдаса байбихьунилан лъазабун букIана тIоцебе, амма «Камаз» ва цогидалги, бакIаб юк баччулеб автомобиль бачунез жалго дандечIун рукIин лъазабураб мехалъ хIукму гьабун буго гьеб магъало бачIунеб соналъул тIоцебесеб маялдаса байбихьун чIезабизе. Гьебмехалде щвезегIан гьез кьезе буго цебего гIадин цо гъурщги бащдабги гIарац. Амма «Камаз» бачунел кингоги рази гьечIо гьеб хIукмуялда. Щибаб километр хIисаб гьабун гьеб гIарац кьолеб бугон жидее щибниги хайир хутIолеб гьечIин гIарцулилан. Мисалалъе «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурав МахIачхъалаялдаса ГIабдулагьица абулеб буго жиндица гьадинги босуларила 10 тоннаялдаса цIикIкIараб юк, гьеб гIарац кьезе биччантейила 12 тоннаялдаса цIикIкIараб юк баччулел гIадамаз.

ГIабдула, «Камаз» автомобиль бачунев: «Руго гIадамал 60-70 тонна босулелги, гьединазе нухазда цIадирабиги лъеха гьезул юк борцунел, гьезухъа бахъе гьеб магъалоги. Дица щай гьеб гIарац кьезе кколе, анкьгоялда анцIго тоннаялде щвезегIан гурони юк босуларев чияс. ГIемерал гьединаб дагьаб гурони юк босуларел чагIи дида цадахъ хIалтIулел. Мисалале дун ине вуго 15 азарго гъурщиде Майкопалдаса къайидул цIезе. Гьеб 15 азарго гъурщидаса гьез абураб магъалаго кьунани дие щиб хутIизе бугеб? Гьадинги автомобилалъе гьитиIнаб гIунгутIи каниги гьелъи хIажатаб тIагел босаралъухъ уна дир гIемераб гIарац. 15 зарго гъурущ цохIо гьакибералъухъ уна».

Амма гьеб хIукму ритIухъ гьабулелги руго автомбиль бачунезда гьоркьор. Гьединазул цояв ккола МахIачхъалаялдаса МухIамад Лабазанов Гьес бицунелда рекъон Дагъистаналда ругел федералиял шагьранухал бакI-бакIалдаса хвезарун руго гьеб цIакъго бакIаб юк баччулел автомбилал сабаблъун.

Лабазанов МухIамад: «Автомобиль бачунев хIисабалда дица рахъккола гьеб хIукмуялъул. Щайин абуни, тIоцебесеб иргаялда гьел «Камаз» бачунез кьоларо кинабгIаги магъало, живго жиндаго чIарав бизнесчи хIисабалда гьесул кибниги гьечIо хъвай-хъвагIай.

КIиабизе босани гьез квешго хвезарула нухал. Хасало цIорораб хъилтIураб шагьраялда тIасан гьел арабго хъил гъур-гъурун кескал лъугьуна гьелъул. БагIарараб риидалги гъорлъан тамахлъараб гьеб тIасан бакIаб цIайи арабго биххун уна. Гьелъие мисалалъе бачине бегьула Гъизилюрталда бугеб чабах баччулеб карьер. ГIемер тIасан Камазал ун магIарухъ бугел чабххил нухалде сверун буго гьениб аскIосан бугеб хъил тIураб нух».

КIудияб юк баччулеб автомбилаз гурин шагьранухал хвезарулел ругел, гьел холел ругин нухал къачIалел идарабаз букIине кколеб къадаралда нухазде хъил тIечIолъиялан абун, юк баччулел автомобилазда тIад лъураб магъалоялда дандечIун вуго тIадагьаб юк босулеб автомобиль бачунев, Шамил мухъалдаса ГIазизов Увайс

ГIазизов Увайс: «Дора Москваялда гIодорги рукIун Дагъистаналъул шагьранухазул хIал щиб гьезда лъалеб. Нухал хвелареб къагIидаялъ букIине кколеб технологиялда рекъон тIеха хъил. «Дагавтодоралъ» г1адин 15 см. бицалъиялда тIезе кколеб хъил, 7-8 см бицалъиялда гурони тIолеб гьечIони нухал хвечIого рукIиниш?»

3 тоннаялдаса цIикIкIун къайи баччулеб бугони, лицензия босизе кколаан чанго соналъ цебе Россиялда автомобилазул бетIергьабаз. Гьанже Пачалихъияб Думаялъ гьелъие ахир лъуна. Гьелъие квербакъи, цо рахъалъ, Дагъистаналдаса ГIисалмухIамад Набиевасги гьабун буго. Гьев ккола лъидаго рачIел шоферазулгун даранчагIазул ассоциациялъул нухмалъулев. Гьесда лъикIаблъун бихьулеб буго гьеб гIарац, ай цо километра рикIкIун кьезе тIадаб 3 гъурущги хадубги, чIахIиял автомобилазул бетIергьабазда тIад лъолеб цогояб магъало хIисабалда кьезе. Амма гьеб ккола цогидаб магъало малъичIого кьезе кколеб гIарац.