Сириялъул оппозициялъе данде ккечIо Россиялъул цебелъей

Сириялъул оппозиционераз арбагI къоялда нахъчIван буго Россиялъул цебелъей. Улкаялда щугогIан соналъ унеб рагъулаб конфликт чIезаби мурадалда рачIайин президент Башар Асадги гIахьаллъун конституциялъул реформа гьабизе ва хадуб гьевго гIахьаллъарал президентасул рищиялги тIоритIизеян абулеб букIун буго гьелда. Гьедин лъазабулеб буго Ройтерсалъ. Сириялъул оппозициялъ рикIкIунеб буго Москваялъул мурад бугин Асад нухмалъиялда цIуни ва батIияб пикруялъул чи улкаялдаса нахъе къотIийин.

Гьеб оппозициялъе тIубанго данде кколеб гьечIо.

Россияги Иранги руго Асадил рахъ кколел аслиял улкабилъун. Гьез абулеб буго Венаялда гьаб анкьада рукIине ругел халкъазда гьоркьосел кIалъа-ралъаязда цебе жидеца кинабгIаги документ хIадурулеб гьечIин.