«Русские» абулеб багъа-башари лъазабун буго экстремистияблъун

Россиялъул националистаз ТIадегIанаб диваналде кьун буго «Русские» абулеб багъа-башари гьукъиялъул хIукмуялда тIасан гIарза. Гьедин лъазабулеб буго этнополитикияб багъа-башариялъул лидер Дмитрий Демушкиница.

Москваялъул шагьаралъул диванханаялъ 28 октябралда «Русские» абулеб багъа-башари лъазабун букIана экстремистияблъун ва Россиялъул территориялда гьеб гьукъун букIана. Диванханаялъ гьедин тIубазабун букIана прокуратураялъул тIалаб.

Гьеб мехалда Демушкиница абун букIана жинца гIуцIараб гьеб идара гьукъизе бегьуларин гьелъие регистрацияго гьабун гьечIелъулин ва жидер экстремистияб хIаракатчилъиялъул далил прокуратураялъ бихьизабун букIинчIин.