ЖужахIалъул нуцIил кIалтIе нух

Москваялда Лубянкаялда ФСБялъул нуцIида цIа лъурав Петр Павленский. 9 ноябрь 2015  

"ЖамгIияталъ террористияб хIинкъиялъе гьабураб лъазаби буго Лубянкаялъул бухIулеб нуцIа. ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул федералияб хъулухъалъ даимаб терроралдалъун 146 млн. чиясда тIад ханлъи гьабулеб буго". Гьедин абулеб буго ФСБялда Павленскиясул акциялде.

ЖужахIалъул нуцIа кинаб жо бугебали гьанже нижеда лъалаян абулеб букIана социалиял сайтазда гьеб акциялдаса хадуб. "Теперь мы знаем, как выглядят врата ада", отозвались на нее в социальных сетях.)

Москваялда Сербскиясул институталда цебе акция. Павленскияс гьениб гIадамазда цебе жиндирго гIин къотIун букIана. 19 октябрь 2014  

"Нусалъ гIин къотIулеб гIадин гьаб къедалъ ратIа гьарулел руго пикру унтарал ва сахал гIадамал. Психиатрия политикиял мурадазе хIалтIизабиялъул къагIида тIадбуссинабулеб буго". Павленскиясул акциялъе кьураб къимат.   

 "Отделение". абулеб акция. 9 октябрь 2014  

 Петербургалда "Свобода" абулеб Евромайданалъул рахъ ккураб акция.  23 февраль 2014  

"Фиксация" ​абулеб акция. Павленскияс живго магIалъ БагIараб Майданалда лъураб ганчIида кьабун вукIана. 10 ноябрь 2013. Москва

Художникасул пикруялда, гьеб акциялъ бихьизабулеб буго Россиялъул гьаб заманаялъул жамгIияталъул фатализм.   

Петербургалда "Туша" абулеб акция. 3 мая 2013 

Россиялде политикиял репрессиязде данде акция.
 

"Гьаб акциялде дун хIадурлъулев вукIана тIубараб лъагIалица. Гражданияб чIаголъи чIвазе, халкъ хIинкъизабизе рахъулел къануназде данде акция буго гьеб. ЦIикIкIунеб буго политикиял туснахъазул къадар, НКОязде данде къанунал, цензоразул къанунал, 18+ къанунал-гьел киналго руго криминалалде данде гурел гIадамазде данде ругел къанунал",-ян абулеб букIана Павленскияс.  

 Pussy Riotалъул рахъ ккураб "Шов" абулеб акция. 23 июль 2012