Мьянмаялъул рищиязда бергьине бегьула Нобелил премиялъул лауреаталъул политикияб къуват

Ахирисеб 25 сонида жанир тIоцересел эркенал рищиял тIоритIана гьатIан къоялда Мьянмаялда. Гьаркьал кьолезул къадар кIудияб букIиналъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго дунялалъул информалатаз.

Прогнозазда рекъон, парламенталда бакIазул аслияб къадар щвезе бегьула Нобелил премиялъул лауреат машгьурай инсанасул ихтиярал цIунулей Аун Сан Су Чжица нухмалъуле Демократиялъухъ къеркьолеб миллияб лига.

Ахириселъ рукъалъул аресталда гъоркь бахъана 20 гIанаб сон. Гьей эркен гьайиялъе багьаналъун ккана Мьянмаялда байбихьарал либералиялгун демекратиял реформаби.