Исламияб пачалихъ гIуцIиялъ эркен гьарун руго гъоркьлъалие росаразул цоял

Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабуна, Россиялда ва цогидал улкабазда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIиялъ эркен гьавунин ассириязул 37 христианавин. Эркен гьаруразул аслияб къадар кколеб рагIула херал чагIи.

Гьел кколел рагIула Сириялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда гъоркьлъалие восарав 200 чиясдаса гъорлъан гIадамал.