Унгогийищ Дагъистаналда гьечIел политикиял элитаби хисизе гIадамал?

Daghestan - Makhachkala, central square, White House

Гражданиял инициативабазул комитеталь тIобитIараб мониторингалъул хIасилазда рекъон жамгIияталда жаниб бищун хIалуцараб ахIвал-хIал бугел ва политикияб хIалуцин цIикIкIарал регионазда гъорлъ рехсолеб буго Дагъистанги. Политикиял по экономикиял хIинкъиял Дагъистаналда кидагоги рукIанин, амма бугеб тIалъиялда данде бахъине гIураб хIал бугеб цониги къокъа гьечIила жакъа республиклаялда.

Гражданиял инициативаязул комитеталъ мониторинг тIобитIулаго хIисабалде росун руго лъабго хIужа: регионалда бугеб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал, протесталъулаб жигар ва регионалъул политикаялъул жанисеб ахIвал-хIал. Гьелда рекъон гIуцIарал сияхIазул бищун ахаде кккарал регионазда гъорлъ буго Дагъистанги.

Гьелъул магIна кколеб буго социалиябгун экономикияб рахъалъ хIалуцин ва протесталъулаб жигар букIиналъ, гьединго регионалъул политикаялде гъорлъе федералияб центр лъугьунеб букIиналъ гьел регионазда багъа-башари ккеялъул хIинкъи букIинин лъазабулеб буго Гражданиял инициативабазул комитеталъул экспертаз. Масала, хIинкъи бугила тIоцебесеб иргаялда тIалъиялда ругел политикиял элитабазе.

Гьеб бараб бугила регионалъул политикаяб гIумруялде федералияб централъул бугеб кIваралда. Гьеб цIикIанагIан дагьлъулила регионалда жанисеб полиикиял элитабазул кIварги. Экономист Александр Титковас «Независимая газета» сурсаталъе баян гьабухъе, цIикIкIараб гражданияб жигар бугеблъун ва рази гьечIолъиялъул акциял тIоритIулел аслиял регионазул цояблъун Москваялда цадахъго ккезе рес буго Дагъистанги.

Абизе ккола,чанго соналъ тIатIала, батIи-батIиял рейтингазда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул лъикIал хIасилал рукIанин, гьебго заманалда республикаялда жаниб политикияб ахIвал-хIал квешаб къимат кьолеблъун бугониги. Амма гьел рейтингал, регионазда бугеб ахIвал-хIалалъе къимат кьеялги хIакъикъаталдаса батIа-тIурал ругин рикIкIунеб буго «Кавказский узел» интернет-сурсаталъул редактор Григорий Шведовас. ГьабсаIаталда Дагъистаналда гьечIила тIалъиялда данде бахъине гIураб къуват бугеб цониги къокъа.

Григорий Шведов: «Дун божуларо гьел Дагъистаналъул бетIерасул, яги цогидал Россиялъул субъектазул бутIрузул рейтингазда. Щай гурелъул дица гьел рикIкIуна гIицIго алатлъун, хас гьабун босараб регионалда бугеб ахIвал-хIал хисизабиялъе хIалтIизабулеб, амма гьеб кколаро гьеб регионалъул гIадамазул нухмалъулесдехун бугеб хIакъикъияб бербалагьи бихьизабулеблъун. Гьеб тIоцебесеб. КIиабилеб иргаялда, дун божуларо цIикIкIараб протестазулаб жигар бихьизабулел къиматазда, Дагъистаналъул букIа, Ингушетиялъул букIа. ГьабсагIаталда Дагъистаналда цIакъго кIудяб къадар гIадамазул бугеб тIалъиялдаса ракI буссарал, ругониги, гьенир рази гьечIолъи цIикIкIунеб бугониниги, цогидал лъикIал гьечIел факторал гIемер ругониги, тIалъиялда данде бахъине гIураб къуват бугеб, гIадамал гьелде гьесизаризе гIураб жигар бугел протесталълал къокъаби гьечIо республикаялда».

Гьес мухIкан гьабуна, гьебго заманалда жинца рикIкIунила гIураб бажари бугел церехъабиги гьечIилан. Гьединлъидал, хIакъикъияб республикаялда бугеб ахIвал-хIалалдаса батIа-тIураблъун кколеб бугила гьеб къимат.

Жакъа Дагъистаналда хIалуцараб ахIвал-хIал цIикIкIун гьечIин, гьеб букIаралдаса чучун бугин, квер квашун батулеб жо гьечIонигийин абулеб буго журналист ГIалисултан ГъазимухIамадовас.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Разилъи гьечIолъи тIаде цIикIкIунеб гьечIо. Цебе букIараб разилъи гьечIолъи чучана ГIабдулатIипов тIалъуялде вачIаралдаса. БатIияб иш буго гьев вачIаралдаса квералъ квашизе кколел хиса-басиял ккун гьечIолъи, амма разилъи гьечIолъи цIикIкIун гьечIо».

Журналистас бицана, бакIалъул хIакимчагIаз ГIабдулатIиповасул критикаялдаса хIинкъун, гIарацги заманги батизабулеб бугила. Гьедин, чанго соназ къачIачIогон рукIарал нухал къачIалел ругила Хасавюрталдаса Дылым росулъе ругел, ГIабдулатIипов гьениве байрамалъул тадбиразде вачIинин ругел хьулаз.